Аслияб гьумералде

«Ас-салам» – ЧIикIаб

«Ас-салам» – ЧIикIаб

Дагьал церегIан къоязда Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъ тIобитIана «Ас-салам» газеталда хурхун гъоркьиса росулъ гьабураб хIалтIул хIисабкьеялъулаб тадбир.

Баракатаб данделъи тIобитIана росдал банкетазулаб залалда. Къаси заман бугониги гьелда гIахьаллъи гьабуна жамагIаталъ, магIарул мацIалда биччалеб «Ас-саламалъул» редактор ГIабдуллагь МухIаммадовасгун мухбирзабаз, Дагъистаналда газета тIибитIизабиялъул вакил МухIаммаднур Ибрагьимхановас, росдал бегавул Дациев ГъазимухIаммадица ва гIемерал цогидазги. Мажлис нухда бачана Камил Шейховас. Данделъи байбихьана Къуръан цIалиялдасан.

Къалъазе вахъарав «Ассаламалъул» редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас бицана газеталъул бугеб пайдаялъул хIакъалъулъ. Газеталъул гIуцIиялъул бицунаго гьес абуна, цIалдолезе гьаб заманалда бищунго бокьулеблъун кколеб бугин лъималазул гьунарал рихьизарураб гьумер. Редакциялъул телефоналде кIалъан рачIунез абулин жидеца газета хъванин лъималаз течIого, жидергоги сурат гьениб бихьизе бокьун.

- ГIелму бугелги гьечIелги бакIал дандеккуни, гIелму бугеб жамгIият букIуна сундулъго цебетIураб, гьабулеб магIишаталъул бичIчIи бугеб. Аллагьас Къуръаналда абулеб бугеб кинниги (магIна): «Ращалъулищ жидеда жо лъалелги лъаларелги?» - абун. Гьединаб, ай гIелмулъай тIибитIизабулеб, гьелъие хIадурун гIуцIараб, тарихлъун буго гьаб газета, - ян бицана гьес.

КIалъазе вахъарав Буйнакск районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIалиев МухIаммадица бицана гIелму тIибитIизабиялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. БетIергьан Аллагьас, Гьесул малаикзабаз, зоб-ракьалъул агьлуялъ, хIатта ракьулъ бугеб хIутI-хъумур, цIунцIра, ралъдалъ ччугIицин дугIа гьабулеб букIунин, гIадамазда лъикIлъи малъулев чиясеян хъван батулин тIахьазда.

Гьал газетал гIадамазухъе щвезабулелги, лъикIаб бицун, гьеб босун хьвадулел чагIи ругелъул, Аллагьас гьеб кIудияб ажру диналъул вацазе насиб гьабегиян ахир гьабуна МухIаммадица. ГIемерал соназ росдае имамлъи гьабурав гIалимчи ГIабдурахIман ГIумаровас бицана росдал тарихалъул хIакъалъулъ, чIикIасезул жамагIат кидаго исламалъул нухда хIалтIиялъул, Шамил имамасул заманалдаги росуцояз Кавказалъул рагъда гьабураб гIахьаллъиялъул ва кидаго имамасе гьел хIалае рахъунел рукIиналъул хIакъалъулъ.

Росдал лъай кьеялъул централъе нухмалъи гьабулев Бартиханов МухIаммадица бицана киса-кибего наркомания ва заралиял жал тIиритIулел ругеб куцалъул хIакъалъулъ ва абуна гьеб росулъе биччангутIизе киналго цадахъ рекъон хIалтIизе кколин абун. МухIаммаднур Ибрагьимхановас бицана росдал имам ГIабдуллагь-хIажи Ацаевасгун газеталъул вакил НурхIажиев МуртазагIалица газета хъваялъе бихьизабураб мисалалъул хIакъалъулъ.

Районалъул росабазда гьоркьоб бищун цIикIкIун подпискаги гьабун, цебе лъураб план тIубайдал, цоцахъе кьолеб байрахъги гьезухъе кьуна. Подписка гьабиялъе квербакъарал учреждениязул нухмалъулезе баркала загьир гьабулаго, МухIаммаднурица гьезие кьуна Баркалаялъул кагътал, МуртазагIалие сайгъат гьабуна телефон.

Росулъ чIикIасез гьабун буго 1350 газеталъе подписка, жеги 50 газета хъван буго росу тун къватIибеги, ай хIажатазе бикьизе букIине. НурхIажиев МуртазагIалица баркала кьуна росулъ газета тIибитIизабиялъе квербакъарал волонтеразеги ва гьел кIодо гьаруна сайгъатаздалъун. Мажлисалъе ахир гьабуна тIолалго бусурбабазе дугIа гьабиялдалъун.

ХIАДУР ГЬАБУНА МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...