Аслияб гьумералде

ЧIикIасез хIасилал гьаруна

ЧIикIасез хIасилал гьаруна

ЧIикIасез хIасилал гьаруна

Гьал къоязда Буйнакск районалъул ЧIикIаб тIобитIана 2023 соналда росулъ гьарурал диниял хIалтIабазул хIасил гьабураб мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна росдал жамагIаталъго. Мажлисалде ахIун рукIана Дагъистаналъул муфтияталъул дагIват-отделалъул вакилзаби, «Ас-салам» казиятаталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадов ва районалъул имамзабазул советалъул нухмалъулев ГIабдуллагь-хIажи Ацаев.

 

Аслияб къагIидаялда хIасил гьабулел рахъал рукIана «Ас-салам» казият, рахIму-цIобалъулаб фонд «Инсан», закагIат, дагIват-отделазул хIалтIаби. Щибаб рахъалъул жавабияс бицана араб соналъ гьабураб хIалтIул ккарал хIасилазул ва масъалабазул. 

«Ас-салам» казияталъул хIалтIул хIасил гьабуна ЧIикIаб росулъ казият тIибитIизабиялъул жавабияв МуртазагIалица. Гьес бицана исана подписка гьабуразул къадар цIикIкIанин ва абуна хIаракат бахъулин гьеб жиндир заманалда цIалдолезухъе щвезабизе. МуртазагIалие кумекалъе руго волонтералги. Гьезул бищун кIудияс бан буго 70 сон ва бищун гьитIинас - 12 сон. Гьел киназего кьуна Баркалаялъул кагъталги сайгъаталги.

 

 

 

 

 

 

МагIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас бицана «РухIул баян» абураб тIехьалда хъван бугин муъминчиясул шартI бугин  жиндирго гIакълуялдасаги пикруялдасаги Бичасул Аварагасул ﷺ ва гьесул ирсилаллъун кколел машаихзабазул гIакълу ва пикру цебе ккезабизе ва гьезда нахърилълъинеян. Гьединлъидалин нилъеца кIудияб кIвар кьолеб бугеб гьаб казият тIибитIизабиялдеги, гьеб щивав чиясухъе щвезабиялдеги.

- Щайгурелъул гьеб буго СагIид-афандияс кьучI лъураб ва АхIмад-афандияс кIвар кьолеб казият. Гьелъул хIасил ккейги буго гьел устарзабаз тIаса бищараб, гьез амру гьабураб иш. Балагье, гьаб заманалда казият тIибитIизабулеб буго тIолабго улкаялдаго. Гьединаб ишалде гIадатияв чиясул гIакълу щвей рес гьечIеб жо буго. Рецц Аллагьасе, битIараб нух малъизе устарзабиги ругел, гьезда нахърилълъине Аллагьас тавпикъги кьун букIиналъухъ. Нилъее хутIулеб жо буго гьабулеб хIалтIуе гIицIго квалквал гьабунгутIи, нигIматазухъ шукру гьаби. ХIалтIуе бищун кIудияб кумек, гьелъие квекIен гьабунгутIи буго», - ян бицана редакторас.

ЧIикIаб росдал имам МухIаммадиегун, «Ас-саламалъул» вакил МуртазагIалие редакторас кьуна жиндир багьа гьабун хIалкIолареб Аллагьасул калам - Къуръанал. Баркалаялъул кагътазе мустахIикълъана росулъ ругел идарабазул, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулелги.

«Ас-саламалъул» подписчиказда гьоркьоб тIамуна можоро ва бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал.

Мажлисалда кIалъана Буйнакск шагьаралъулгун районалъул имамзабазул советалъул нухмалъулев ГIабдуллагь-хIажи Ацаев, муфтияталъул дагIват-отделалъул жавабияв хIалтIухъан АхIмад ГIабдурашидов ва росдал имам МухIммад ГьитIинов. 

Аллагьас тавпикъ кьеги киназего исламалъул нухда битIун хьвадизе. Амин!

 

СултIан МухIаммадов

 

 

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...