Аслияб гьумералде

«АхIулгохI - лъаялъул тIогь»

«АхIулгохI - лъаялъул тIогь»

«АхIулгохI - лъаялъул тIогь»

12 азаргоялдаса цIикIкIун чи данделъун вукIана «АхIулгохI - лъаялъул тIогь» абураб цIаралда гъоркь ДГИялъгун муфтияталъ гIуцIараб тадбиралда.

 

Гьенир кIалъазе рахъана диниялгун жамгIиял хIаракатчагIи, хIукуматалъул идарабазул хIалтIухъаби, ДГИялъул нухмалъулел. Мажлисалда гIахьаллъи гьабурав Дагъистаналъул муфтиясул наиб АхIмад МухIаммадовас бицана гIелму цIалиялъул кIваралъулги хиралъиялъулги хIакъалъулъ.

 

 

 

 

Унсоколо районалъул бетIерасул заместитель Жамал Шамсудиновас баркала загьир гьабуна мажлисалда гIахьаллъи гьабурал киназего. Гьединго абуна лъай бугеб жамгIияталъул гIумру-яшавги цебетIураб букIунин абун.

«Тарихалъул каваби» абураб тарихиял лъугьа-бахъиназул цIех-рехазул централъул нухмалъулев Мурадулагь Дадаевас бицана АхIулгохIалъул къисматалъул, гьенир ккарал тунка-гIусиязулгун рагъазул хIакъалъулъ.

АхIулгохIда ккарал тарихиял хIужабазул, гIажаибал ва бахIарчиял лъугьа-бахъиназул, лъай кьеялъул къагIидабазул, хъизан гIуцIиялъул ва цIуниялъул къагIидабазул хIакъалъулъ лъикIал вагIза-насихIатал гьаруна цере рахъараз.

Гьединго данделъаразда рихьизаруна социалиял роликал ва имамасул тарихалдаса сценкаби.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...