Аслияб гьумералде

ДИУ - гIалимзаби хIадур гьарулеб къебелъи

ДИУ - гIалимзаби хIадур гьарулеб къебелъи

ДИУ - гIалимзаби хIадур гьарулеб къебелъи

Гьал къоязда МахIач-хъалаялда бугеб Дагъистаналъул исламияб университеталда тIобитIана гьанжелъагIан гьенир цIаларал, хIалтIарал ва гьабсагIат цIалулел ругел данде гьарураб гIелмияб мажлис.

МухIаммадгIариф-афандиясул цIаралда бугеб исламияб университеталъе кьучI лъуна 2000-абилеб соналда, ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул хIаракаталдалъун. ГьабсагIат Дагъистаналда ругел гIемерисел имамзаби, диниял церехъаби ккола гьеб университет лъугIарал. Гьединго рехсараб университет лъугIарал хIалтIулел руго тохтурзабилъун, инженераллъун, цогидалги жавабиял ишазда.

Университеталда чIезарун руго киналго шартIалги. Диниял дарсазда цадахъ мутагIилзабазе рес буго гуманитариял гIелмабазулгунги лъай-хъвай гьабизе.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти АхIмад-афандиясги. Гьес абуна, жинца шукру гьабулин БетIергьанасе, мутагIилзабиги гIалимзабиги цIализаризе гьадинаб рес кьуралъухъ. ГIалимзабазул хиралъиялъул бицунаго гьес ракIалде щвезабуна ЧIикIаса СагIид-афандияс цо гIелмияб мажлисалда абураб. «Гьес абуна жив гIодов чIелин гIалимзаби рихьулеб бакIалда, ай гьезухъ валагьизе вукIинелъун», - ян. Гьединал гIадамал руго гIалимзаби, жидеде балагьиялдалъунцин баракат щолел. Гьел гIалимзаби хIадурулеб къебелъиги гьаб исламияб университет буго. Хъизамалда гьоркьоса дагьав лъай гьечIев гIадав тIаса вищун витIулаан дагьаб цебеги мадрасалде цIализе. Гьанже абуни, лъикIалги ритIулел руго», - ян бицана муфтияс.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...