Аслияб гьумералде

Кьабиялъул хIасил кколищ?

Кьабиялъул хIасил кколищ?

Кьабиялъул хIасил кколищ?

КIудияв гIурав вас кьабун инсуца тарбия кьезе бегьулищ?

 

Нилъеца гьабулелъул хIасил букIунищали халгьабизе ккола. Эбел-инсуе лъимадуе лъикIлъи бокьулеблъи хIакъаб буго. Гьединлъидал бичIчIизе ккола эбел-инсуца пайдаяб гуреб жо лъималазе гьабулареблъи.

 

Эбел-инсуца лъималазе тарбия кьолелъул, гьезул ният букIунаро гьезда зулму гьаби. Амма тарбия кьеялъул хIукму, лъимер гIолаго, хисардула. Лъималги батIи-батIиял рукIуна. Масала, рукIуна ишара гьабун жо бичIчIулел. Гьезие гIемераб хабар бицинеги кколаро. РукIуна гIемераб хабар бицине кколелги. РукIуна дагьаб вагъун, семун абизе кколелги. Амма кьабиялъулъ шаригIаталъ гIурхъи чIезабун буго. Кьабизе бегьуларо черх хъахIиллъулеб хIалалда яги лага бекуледухъ. Щайин абуни, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее лъимер кьун гьечIо бухизе, хвезабизе, кьун буго битIараб тарбия кьезе.

Эбел-инсуе рекъола лъималазе насихIат гьабизе, мекъи ккараб бакI берцинго бичIчIизабизе. Хасго балугълъиялде рахарал лъималазулгун накъит гIемер гьабизе ккола. Лъималазда хъачIлъи бихьизабиялъ мурадалде рачунаро. Хасго лъимер балугълъараб мехалда эбел-инсуе гьудулзаби гIадин рукIине. НасихIат гьабулев чи гьечIони лъимер кIудияб гIола щибго жо лъалареблъун. Гьединлъидал лъималазе кидаго хIажатаб жо буго насихIат. Нилъеда тIадаб жо гьабуни, лъимер лъикIабищ яги квешабищ лъугьунебали ТIадегIанав Аллагьасда гурони лъаларо. Амма гIемерисеб мехалда, Аллагьасул ﷻ хIукмуялда рекъон, лъикIаб тарбия щвараб лъимадул лъикIав инсан лъугьуна.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...