Аслияб гьумералде

Унтиги даруги

Унтиги даруги

Дунял буго хIалбихьиялъул бакI. Гьелъул цояб ккола унтиги. Лъалеб жо буго инсанасул черх гьесул буголъи гуреб, Аллагьас ﷻ  аманат гьабун гьесухъе, ай нилъехъе кьураб букIин. Щайин абуни, Гьев ﷻ  вугелъул кинабго гIаламалъул БетIергьан.

 

БетIергьанас ﷻ  нилъеда божилъи гьабун цIунизе кьураб жо буго черх. Гьединлъидал, гьелъие нилъеца зулму гьабуни, жаваб кьезе кьола Къиямасеб къоялъ БетIергьанасда ﷻ  цебе.

Макъам-даража тIадегIанлъизе БетIергьанас ﷻ  лъикIал чагIаздеги риччала унтаби. Гьединго, сабру гьабизе лъани, мунагьал чуризелъун гIаси-пасикъаздеги рачIуна гьел унтаби. Гьел тIаде рачIиндал щибха гьабизе рекъараб бугеб муъминзабазе?

Гьединаб хIалалда рекъараб буго, гьарурал мунагьаздаса тавбу гьабизе, хIарамаб тезе, ракIбухIун Аллагьасде ﷻ  руссине, шукру гьабизе, сабруялда чIезе ва Аварагас ﷺ малъаралда нахърилълъине. Аварагас ﷺ щиб гьабизеха малъун бугеб унти бачIиндал?

Аварагас ﷺ абунин Абу-Дардаица бицун буго: «Аллагь ﷻ  вуго унти бижаравги гьелъие дару кьолевги. Гьединлъидал нужеца гьеб сах гьабе, амма хIарамалдалъун гьабуге», - ан.

Аллагьасе ﷻ  шукруги гьабун, сабруялда, дугIа-алхIамалда рукIине щивасе тавпикъ кьеги!

 

 

ХIабиб МухIаммадрасулов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...