Аслияб гьумералде

РакIбацIалъиялъулъ буго хвасарлъи

РакIбацIалъиялъулъ буго хвасарлъи

Гьабулеб гIамал Аллагьасе ﷻ гIололъун гьечIого, гьелъулъ гIужбу-рияъ гIадаб напсалъул цониги бутIа жубараб мехалъ, щаклъи лъугьуна гьелъухъ киридай БетIергьанас ﷻ кьела, ялъуни гIакъубадай гьабилаян абураб. Гьединлъидал, гIамал букIине ккола ракI бацIцIадаб, ихласалда гьабураб.

 

Гурони, гьеб ахираталда гIададисеб, Аллагьасул ﷻ ццим бахъиналъегун гIакъуба гьабиялъе сабаблъун батизе рес буго.

Абу-Давудица бицараб хIадисалда буго: «БетIергьанас ﷻ кинаб бугониги гIамал къабул гьабуларо, Гьесие ﷻ гIололъун ракI бацIцIадго гьабураб гурони», - ян. 

Анас асхIабас бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къо чIедал малаикзаби рачIуна гIамалал хъварал тIанчалги росун. Цинги Аллагьас ﷻ гьезда абула гьаб къабул гьабе, гьаб цояб нахъе рехеян. ХIикмалъун малаикзабаз абула: “Я, нижер БетIергьан ﷻ, Дур тIадегIанлъиялхIаги, нижеца лагъас гьабураб гIамал гурони хъвачIо”, - ян. Гьеб мехалъ ТIадегIанас ﷻ абула: «Гьаб буго лагъас Дун гуресе гIоло гьабураб, жакъа Дицаги ﷻ гIицIго Дие гIололъун гьабураб гурони къабул гьабизе гьечIо», - ян.

ГIиса аварагасда гьесул къавмалъ ихлас щиб кколебин цIехедал, гьес абун буго: «Ихлас буго, инсанас лъикIаб гIамал гьабураб мехалъ, гьелъухъ цогияс рецц гьабизе бокьунгутIи», - ян.

Ихласалъул хиралъиялъул хIакъалъулъ МухIаммад аварагасги ﷺ абун буго: «КIудияб рохел буго жидеца гIамалалъулъ ихлас гьабулезе, гьел руго лъикIалде тIоритIиялъул чирахъал, жидедалъун квешал чагIазул питнаги сун кколел», - ан.

Гьеб гуребги, ихласалда гьабураб гIамал буго цоцазда гьоркьоб рокьи цIикIкIиналъе, вацлъи щулалъиялъе сабабги. Щайин абуни, аварагасдаса ﷺ бачIараб хIадисалда абулеб бугелъул, бусурманчиясул рекIелъ цоцаздехун тушманлъи-рокьукълъи бижизе гьукъулеб лъабго жоялъул цояб бугин Аллагьасе ﷻ гIоло ихласалда гьабулеб гIамалилан. Кин гьеб букIинареб, гьабулеб гIамал кьерилаздаса цеве ккезе яги цогиясулъ бугеб жиндилъги букIинчIого бегьиларин абурал гIадал пикрабигун гьабулеб мехалъ, гьеб кколелъул какарал пишабаздаса ва рихьдае гIоло гьаби.

 Цо чияс ибну-МасгIудида цIехон буго, жиндаса лъугьараб мунагьалъе тавбу бугищин. Ибну-МасгIуд цин гьесдаса вуссун вуго ва кIиабизе гьесде валагьидал гьесда гьесул берал магIил цIун рихьана. Хадуб ибну-МасгIудица абуна: «ХIакълъунго, алжаналъе микьго баб (нуцIа) буго, тавбуялъул баб хутIизегIан, гьезул щибаб рагьула ва къала, тавбуялъул бабалда тIадин абуни вуго вакил гьавун тарав малаик гьеб къаларев, дуца (ракIбацIцIадго) гIамал гьабе ва Аллагьасдаса ﷻ хьулги къотIуге», - абун. Диналъулъ абиги буго ракI бацIцIалъиялъулъ гурони хвасарлъи гьечIин, гьединлъидал, Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги гIамал ихласалда гьабизе.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...