Аслияб гьумералде

ТалихI хIажат батани…

ТалихI хIажат батани…

ТалихI хIажат батани…

Гьаб заманалда цо-цоял рукIуна гIалимзаби какулел, цогидазда цеве жалго гIакъилзабилъун хIалел. Гьел ралагьуларо жидедаго битIун базе лъалареб какалъухъ, хIатта АлхIамцин цIализе лъалеб батуларо. Гьезда бичIчIуларо гIалимзабаз бицунеб жо Къуръан-хIадисалдаса босараб гIелму букIин. Гьединлъидал гIалимзабазде гIайибал гIунтIизарулев инсан ккола, Къуръан-хIадисалда хъваралда разилъуларев чи.

 

Гьединасда я дунялалда ялъуни ахираталда лъикIаб къо бихьуларо. Гьев хутIула гIалимзаби какиялъ жагьлуялда жанив тIерхьун ва хвел гIагарлъидал, щибго лъикIаб гIамал гьесухъ гьечIого. Мисалалъе, тохтурас хъвараб даруялда разилъичIого ва тохтурги какун, жиндаго ракIалде ккарабги гьабун вугев чи, кида-къадги гьалаглъичIого хутIилищ? Ахираталдайин абуни гьев чиясда ТIадегIанав Аллагьас кIал гьикъизеги буго гIалимзаби гьереси гьариялда бан.

Къуръаналда, гIалимзабазе къимат кьолеб цо аяталда, буго: «Бищун Аллагьасукьа хIинкъулел лагъзадерида гьоркьоса гIалимзаби руго», - ян («ФатIир», 28). Аллагьасукьа хIинкъулел гIадамал Гьесул вализабилъун рукIуна.

ХIадисул къудсиялда ТIадегIанав Аллагьас абун буго: «Дир валиясда данде рагъ лъазабулесда Дица рагъ лъазабула», - ян.

Гьединлъидал цIодорго рукIине ккола гIалимзабазда рагIи абиялдаса. 

ГIалимчиясул цо кинаб бугониги хатIа ккани, гьевго гIадинав гIалимчияс гьев витIизавула. Щайгурелъул, гьесдаго релълъарав гIалимчиясда гурони лъаларо гьес бицунеб жо мекъабищ яги битIарабищ бугебали. ШаргIиял хIужабиги рачун гьев витIизавизе гьесухъа гурони бажаруларо. Амма нилъ гIадал жагьилзабазда кин кIолеб гьез бицунеб жо мекъаблъун гьабизе? ШаргIиял ахIкамаздаса гIакълу ва пикру бергьинабизе нилъер ихтияр букIунарелъул.

Гьаб заманалда пуланас имамасухъе шаргIияб суал борхидал ва гьес гьев пулан къолеб хIукму къотIидал, гьев лъугьуна имамасде гIайибал чIвазе, гьев гIадилав гуревлъун чIезавизе.

ГIалимзаби ккола Аварагасул ﷺ ирсилал, Аллагьасдасан бачIараб дин жидеца тIегьазабулел гIадамал. ГIалимзабаздаса ракIал руссинарулевги ккола, Аллагьасул диналда цебе пардав гьабулев чи. Гьединлъидал нилъеца гIалимзаби какизе бегьуларо. Щайгурелъул ТIадегIанав Аллагьас аза-азар чиясда гьоркьоса гьел тIаса рищун руго дагIват гьабизеги дин цебе бачинеги. Аварагасул ﷺ ирс, ай гIелму гIадамазухъе щвезабизе тIаде босарал гIадамалги ккола гьел. Гьезие кумек гьабулеллъун рукIине ккола нилъ.

 

СагIид Залумханов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...