Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ ретIине гIураб ретIел. Гьебгиха ннилъер асхIабзабазул хисизе ретIелцин букIинчIеб заманалда.

 

РекIунеб жояльулъ гьабула гIорхъи гьечIеб исрап, кинасего къваригIуна хириялдасаги хирияб машина, ракI гIодобе биччаларо бугеб жоялдалъун.

Ахир заманалда гьеб мунагь гьабулаго инсанасда ракIалдецин кколеб гьечIо жинца мунагь гьабулеб бугин. Мунагьалда даимлъиялъ гьесда мунагь мунагьлъун бихьулеб гьечIо ва гьелдаса тавбу гьабизеги гьев кантIуларо. Гьеб ккола Аллагьасул диналъул кIвар гьечIолъи, гьелъие кутакалда цIодорлъи гьабизе ккола бусурманчияс.

Халгьабе, тIубараб сордо-къоялъ хIажалъи гьечIониги бакулеб чирахъ-печалъул, гIадада биччан толеб лъиналъул, тукада хвезе толеб тIагIамалъул.

Исрап гьаби какун буго, хIатта Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадаталда жанибцин. ХIадисалда буго, гIурул рагIалда какие чурулев вугониги исрап гьабугеян абун. Муъминчиясе, исрапалдаса нахъчIван вукIиналъе гIела, Аллагьас Жиндие вокьуларин исрапчиян аби. Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца исрап гьабуге, Аллагьасе исрап гьабулел чагIи рокьуларо», - ян. (Ал-ангIам, 141).

Аллагьасеги вокьичIони, лъие вокьизеха бусурманчиясе къваригIун бугеб?

Цинги кинабго жо бижарав ва щибаб жоялъе ризкъи кьолев Аллагьас ﷻ хIеренго абулеб буго (магIна): «Нужеца кванай, гьекъе, исрап гьабуге. Исрап гьабулел чагIи Аллагьасе рокьуларо», - абун.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...