Аслияб гьумералде

ЛъикIаб гIамал гьабун щолареб

ЛъикIаб гIамал гьабун щолареб

Анас ибну Маликидасан бицун буго, цо нухалда авараг ﷺ унев вукIанин хабадаги кIусун гIодулей чIужугIаданалда аскIосанилан. Гьес ﷺ абунин: «Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа, сабруги гьабе», - ян. АскIосан унев чи авараг ﷺ вукIинги лъачIого, чIужугIаданалъ жаваб гьабун буго: «Нахъе а гьаниса, дуца хIехьезе ккечIо гьадинаб хIалбихьи», - ян.

Гьев чи авараг ﷺ вукIанин чIужугIаданалъе бициндал, гьей аварагасухъе r ячIана ва авараг r вукIин лъачIолъи гIузрудеги бачун, тIаса лъугьин гьарана. Гьеб мехалда аварагас ﷺ абуна: «Чиясул сабру лъала гьесде тIаде балагь-къварилъи щвараб лахIзаталъ», - ан (Бухари). Гьелъин абулеб сабру гьабизе кколин, кинабго абулебги гьабулебги тIубан хадуб гуреб, захIмалъи тIаде щвараб лахIзаталъ. Сабру буго къуватав, рухIияб рахъалъ ритIухъав чиясул тIабигIат. Щайин абуни, захIматаб иш буго бищун ццин бахъараб, нерваби гьалаглъараб заманалда чиясда жиндирго напс кверде босизе ва сабруялда чIезе кIвей.

Сабру буго Аллагьас ﷻ тIадкъарал ишал тIуразариялъулъ чиясул бугеб цIакъбахъи, рукIине кколеб куцалъ гьел тIуразари, БетIергьанас ﷻ гьукъаралдаса рикIкIалъи, бихьараб къабул гьаби, захIмалъаби раччи, гьел тIаде рачIунин абун пашманлъунгутIи. Гьеб буго бусурбанчи берцин гьавулеб гIамал, жиб цIуниялде Аллагьасги ﷻ ахIулеб. Сабру гьабиялъул хиралъи, гьелъул бугеб даража-кириялъул хIакъалъулъ Аллагьас ﷻ гIемер рехсон буго.

«Аллагь ﷻ сабру гьабулел чагIигун вуго»; «Я, иман лъурал гIадамал! Сабруялдалъун кумек тIалаб гьабе нужеца», - ян абурал гIадал магIнабазул аятал чанго руго хирияб Къуръаналда. Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьас ﷻ кьолел жалазул, сабруялдаса лъикIаб ва пайдаялъул рахъалъ гIатIидаб, цонигиясе кьечIо», - ян (Муслим).

Сабруги загьирлъула батIибатIиял хIалазулъ. Мисалалъе, сабру букIуна гьабулеб гIибадаталъулъ. Гьеб кинин абуни, гIибадат гьабиялъулъ чияс яхI бахъизе ккола гIамал ихласалда гьабизе ва гьелда даимавлъун вукIине ккани напсгун къеркьезе ккола. Гьениб напсалдаса сабру бергьунеб гьечIони, хIасил кколаро. Сабру буго мунагьалде кколелдаса нахъе къаялъулъ. Гьединаб хIалалда бусурбанчияс къеркьей гьабизе ккола шагьваталъе бокьаралдехун ва бихьизабизе ккола кIудияб сабругун рухIияб хIалги.

Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьас ﷻ нахъчIвараб жоялдаса гьижра гьабурав вуго унго-унгояв мугьажир», - ан (Бухари).

Унти, захIмалъи тIаде бачIиндал сабру гьаби буго цойги хIал. Гьединаб заманалда сабру гьаби буго бусурбанчи Алжаналде лъугьиналъе сабаб. Щиб хIал тIаде щваниги, тIоцебесеб иргаялда, инсанасул ракIчIун букIине ккола гьеб Аллагьасул ﷻ рахъалдасан букIиналда. ТIаде биччарабго гIадин нахъеги Гьесго ﷻ босула, гьединлъидал, тавакалги БетIергьанасде ﷻ букIине ккола.

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Жинде балагь-къварилъи щварав ва сабруги гьабурав, лъикIал гIамалал гьариялдалъун щвезе вукIинчIев макъамазде щун тIадегIанлъула», - ян (ибну ХIаббан).

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе гIицIаб Гьесие ﷻ гIоло сабру гьабулел рацIцIадал лагъзаллъун рукIине.

Амин!

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...