Аслияб гьумералде

Кумек гьабе

Кумек гьабе

Исламияб диналъ нилъ ахIула рукъалъул агьлугун ва хасго руччабигун хIеренго рукIиналде. Рокъоб гьабулеб хIалтIуецин чIужуялъе квербакъи гьабизе кколеблъиялде ахIула

нилъ шаргIалъ.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца руччабазулгун гьабулеб цадахъаб гIумруялъулъ гьездехун лъикIаб гьалмагълъи гьабе. Берцинаб рагIи бицун, хIалимаб, хIеренаб гIамал гьабун», - илан (сурату «Ан-Нисаъ», 19 аят). Гьеб аяталда Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго руччабигун берцин рукIиналде. Напакъа, ретIел ва цогидабги гьезие кьезе кколеб хехго кьеялде. 

Гьаб дунялалда нилъее сундуего мисал вугев чи вуго Авараг ﷺ. Жиндирго рукъалъул руччабигун бищун хIеренавлъун, сахаватавлъун, кидаго гьумер разиявлъун вукIана гьев ﷺ. ГIадамазул бищун ракI гъуравлъунги вукIана. Манавияс бицана: «Хъизан-агьлугун хутIараб мехалъ Авараг ﷺ вукIана махсаро-хочI гьабулевлъун», - илан. Махсаро гьабулагоги киданиги гьереси бицунароан Аварагас ﷺ. Махсаро гьабун кIалъалаго гIодове валагьулаан. Абу Гьурайратидасан бицана: «Аварагасда асхIабзабаз абуна: «Я, Бичасул Расул, дуца нижее махсаро-хочI гьабула», - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Гьабула, амма дица махсаро гьабулагоги хIакъаб гурони бицунаро», - ян.

АсхIабзабигун ва лъудбигун Авараг ﷺ вукIунаан гьезул цояв гIадин, ай ватIакIанцIун чIун вукIунароан, гьелгун жува-гъуван, берцинаб кIалъай гьабулаан. ГIаишатица бицана: «Цониги жо гьабулелъул Аварагас ﷺ цадахъ гьабулаан. ЦIарагIалъуса дица лъим гьекъедал, дир кIутIби хъвараб бакIалдасан гьекъолаан гьесгиﷺ. Ракьаялда тIад, дица кванан нахъе хутIараб гьан, кваналаан ва дир накабаздаги ваччун Къуръанги цIалулаан», - илан.

Цо къоялъ жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаишатица Аварагасда ﷺ бицана Умму ЗаргI абурай гIаданалъул хIакъалъулъ: «11 чIужугIаданалъ къотIи гьабун буго россабазул хIакъалъулъ щибго бахчиларин абун. Цинги щивалъ байбихьун буго жиндирго рос веццизе. Гьезул бищунго рос веццулейлъун ва росас кьолел нигIматал гIемер рихьулейлъун йикIана Абу ЗаргIил чIужу», - ян. Цинги Аварагас ﷺ ГIаишатида абун буго: «Умму ЗаргIие Абу ЗаргIадин вукIина дун дуе», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...