Аслияб гьумералде

ТалихI бугеллъун рукIина

ТалихI бугеллъун рукIина

ТалихI бугеллъун рукIина

Ахирисеб хIеж гьабулелъул Аварагас ﷺ гьабураб вагIзаялда гьес ﷺ гIемер вагIза насихIат малъа-хъваял гьаруна бусурбанаб халкъалъе. Гьеб хитIабалъ гъорлъе рачана бусурбабазул гIумруялъул гIемерисел рахъал. Гьурун тана гIемерал васиятал.

 

Гьениб гьабураб каламалдаса босун, Абу Умама Ал-БахIилидасан бицун бачIараб буго: «Нуж Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа, щуябго какги бай, Рамазан моцIалъ кIалги ккве, боцIи малалдаса закагIатги бахъе, гьелдалъун нужерго напсал рацIцIад гьарун, нужеда тIад тарал чагIазеги мутIигIлъе, гьеб мехалъ нуж БетIергьанасул ﷻ Алжаналде лъугьина», - абун (Тирмизи).

Гьеб хIадисалъулъ буго Аварагасул ﷺ кIудияб васият, жибги тIолабго умматалъе гIамм гьабун абураб. Гьенир рихьизарун руго гIамалал, жал тIуразариялдалъун инсанасе талихI ва ТIадегIанав Аллагьасдасан баркат щун, ахираталда жинца лагъ Алжаналде вачине ругеб. Гьеб буго муъминзабазе БетIергьанас ﷻ хIадур гьабураб нигIматги.

Гьеб хIадисалда Аварагас ﷺ рехсей гьабуна щуго пишаялъул.

 

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиги буго киналниги Гьес ﷻ тIадкъарал амраби тIуразарун, гьес хIарам гьабуралдаса рикIкIалъи. Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиги унго-унгояблъун букIуна лагъзадерица БетIергьасдаги ﷻ жиндир гIамалаздаги гьоркьоб, Гьесул разилъи щвеялдаса гьукъулел пишаби лъугьунгутIизелъун квешал гIамалаздаса пардав гьабураб мехалъ. Ай мунагьал лъугьунгутIизелъун ва хадубккун тамихIги гьабунгутIизе.

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулеллъун рукIине ккани гьабизе ккола кIудияб хIаракатчилъи, кидаго къеркьезе ккола напс квегъиялъулъ.

 

Щуябго как бай

Щибаб къоялъ паризаял какал жиндир заманалда райги буго гIамалазулъ бергьун кIвар цIикIараб иш, гьеб бугелъул Алжаналде лъугьиналъе аслияб сабаб. Как буго, шагьадат битIиялдаса хадуб исламалъул бищунго кIвар бугеб бутIа – диналъул хIуби. Гьеб ккола лагъасдаги БетIергьанасдаги ﷻ гьоркьоб бугеб рухIияб бухьенги. Къиямасеб къоялъ лагъасда тIоцебе кIалгьикъи гьабизе бугебги как буго.

ХIадисалда абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ лагъасул тIоце-бесеб иргаялда хIисаб гьабизе бугеб ккола гьесул какл Гьелъул хIисаб гьаби рукIалиде ккани, цогидал гIамалазул иш низамалде бачIуна. Какил иш квеш батани, цогидал гIамалалги данде рачIунаро», - абун (ТIабарани).

 

Рамазаналъ кIал кквей

Рамазан моцIалъ кIал кквей ккола лъагIалида жаниб цохIо нухалъ тIад гьабураб гIамал. Гьелда жаниб буго черхалъе сахлъи саламатлъи хIасуллъи ва БетIергьанасул ﷻ рахъалдаса даражагун кири щвей. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я иман лъурал гIадамал! Нужеда тIадкъан буго (Рамазан моцIалъ) кIал кквезе, нужеда цере рукIаразда тIадкъан букIараб гIадин, нуж Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарал тIакъваяллъун рукIине», - абун (суратул «Бакъара», 183 аят).

ЗакагIат бахъи

 

Гьебги буго Аллагьас ﷻ нилъеда фарзлъун гьабураб пиша ва нилъер бечелъиялдаса мискинзабазе бихьизабураб хассаб бутIа. Амма щивасда гуро гьеб кьезе тIадаб бугеб, кьезе ккола пуланаб къадаралде бахараб (нисаб) мал-мулк букIун хадуб. Гьебги буго бечедал чагIаз жидер буголъи бацIцIад гьабун кьолеб хассаб къадар, нахъе хутIаралда баракат лъей жинцаги тIаде цIалеб.

Хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТалихIаллъун руго муъминзаби жал жидер какилъ гIодоре риччарал хушугI бугеб, лагъвияб какараб мекъаб гIамалалдаса руссарал, (боцIи-малалдаса) закагIатги кьолел», - абун (суратул «Муъминун» 1-4 аятал).

 

ТIад вугесе мутIигIлъи

Нилъер ишазулъ тIад ругел чагIазе мутIигIлъиги буго кутакалда цIунизе кколеб пиша. Гьеб масъалаялъулъ жагъаллъи ккараб мехалъ халкъалъулъ тIибитIула питна, тунка-хIусиял, хIажат гьечIеб бакIалде халкъ ккей. МутIигIлъиги букIине ккола ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ гIасилъулеб жо малъизегIан хутIанщиналъулъ. Гьес ﷻ гьукъараб жоялъулъ мутIигIлъи букIунаро. Гьезда данде рахъинги ккола Аллагьасул ﷻ ва Гьесул Расуласул ﷺ амру тIубазабунгутIи.

Хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я иман лъурал гIадамал, нуж (тIубазабиялдалъун амру гьабураб жоялъулъ) Аллагьасе ﷻ, Гьесул Расуласе ﷺ ва нужеда тIад тарал чагIазе мутIигIлъе», - ян абун (сурату «Ан-Нисаъ» 59 аят).

КIудияй эбелалъ бицана дидаян абун ЯхIъя ибну ХIасин абурав чиясдаса бицунеб буго: «Дида рагIана къомехлъикI гьабиялъул хIежалда Аварагас ﷺ абулеб: «…нужер ишал рилъанхъизаризе тIад тарав чи лагъ вугониги, Аллагьасул ﷻ ТIехьалда бихьизабухъе гьес нухмалъи гьабулебгIан заманалъ, нуж гьесухъ гIенекке ва мутIигIлъизеги мутIигIлъе», - ян абун (Муслим). ЧIегIерав лагъ ватаниги нужер ишазе цевехъанлъун тарасе мутIигIлъеян абурабги хIадис нилъеда лъала, гьедигIанги кIвар цIикIараб иш буго церехъабазе мутIигIлъи, жибги Аллагьасул ﷻ амрулъун кколеб.

Аллагьас ﷻ тавпикъ гьабеги щивасе тIадехун рехсарал Аварагасул ﷺ васиятал цIунун хьвадизе! Амин!

АхIмад Къурбанов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...