Аслияб гьумералде

ТалихIалъул кIул

ТалихIалъул кIул

Сон, жакъа ва метер

Къасимех щвезегIан чIаго хутIун ватани, ракIчIун вукIунге радаллъагIанги чIаго хутIизе ватиялда. Радалги чIаго ватани, божуге къасиялдехунги гьебго хIалалда вукIине бегьулеблъиялда. Мун гIумру гьабун вуго жакъа, ай гьабсагIат. Араб нахъбуссунаро, букIинесеб кинаб букIинебали лъаларо. Гьединлъидал къимат гьабе жакъасеб къоялъул. ГIумру гьабе жакъа дунялалде виччарав ва жакъаго ахираталдеги ине вугев чияс гIадин. Гьабулебщинабги гьабе ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гIадин.

Как базе лъугьиндал гьеб ахирисеб букIин лъалеб бугони, киндай инсанас гьеб базе букIараб? Гьайгьай, тIокIаб гьечIебгIан цIакъ Аллагьасе мутIигIлъун, хIинкъун, чвахулаго магIугун. Щайха гьедин баларого бугеб щибаб как, хIакъикъаталдаги гьеб бан лъугIизегIанцин чIаго хутIизе ругищали нилъеда лъаларелъул.

ЛъикIаб хIалтIи-иш гьабулелъулги гьеб гьабизе ккола ахирисеб нухалъ гьабулеб бугебгIадин. Аралъул пикру гьабун ракI къварилъизе биччаге, кигIан къварилъахъданиги гьеб буго нахъбуссунареб гIумру. ХIинкъунги вукIунге бачIинеб бачIинареб лъалареб букIинеселдаса. Жакъаго гьабе гьабизе кIолебщинаб, рес бугебщинаб.

Метералде тIамун тезе ккани, мун метерлъагIан чIаго хутIиялда ракIчIунищ вугев? Щибаб лахIзат хIалтIизабе жакъасеб къо гIадада инчIого букIиналъе, гьабизе рес букIараб лъикIлъи метер гьабизе щвечIого хутIизеги бегьулин. Жакъа бугелдаса разиго вукIа, дуда лъаларелъулха дургоги духъ кодоб бугеб боцIулги метер щиб ккелебали.

Жакъа мун талихIавлъун ватани, мун хIакъикъаталдаги талихIав чи вуго. Сон яги церекъад дун талихIавлъун вукIанин дуда ракIалде кколеб батани ва кигIан кIудияб талихIалъ дуда къвал бан букIун батаниги, гьеб буго дудаса араб жо. Метерисеб талихI балагьулев ватани, гьебги буго гIададисеб хIалтIи. Метерисеб къо я бачIина я бачIинаро. Гьединлъидал, хIаркат бахъе жакъаго талихIавлъун вукIине. ХIалтIе ва диналдаго цадахъ магIишатги гьабе дунялалдаги ахираталдаги Аллагь разилъуледухъ

Дуца гIадамазе кьоге гIакъуба,
ГIакълу цебе гьабун хьваде ракьалда.
Мун гьоболлъухъ вукIин тоге кIочене,
КIалдиб мацI цIунизе бахъе хIаракат.
Чияе бухъараб гвандил тIиналде,
Мунго вортулеблъи хIакъаб букIин лъай.
Дуца дугIа гьабе дурго вацасе,
ГIумру-ризкъиялда лъолин баракат.
ГIакълу цебейилан ццим нахъейилан,
Умумузул аби бесса дур бидулъ.
Беццараб гьабизе, какараб тезе
Таманаб замана базе кколарин. 
Бокьараб босизе, рихараб тезе,
Кьун бугин Аллагьас щивасе гIумру.
Бокьаралда жаниб пайдаяб кквезе,
Кьун бугин Аллагьас щивасе гIакълу

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...