Аслияб гьумералде

Къуръаналъул адабал

Къуръаналъул адабал

Къуръаналъул адабал

Къуръан ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ калам, МухIаммад аварагасухъе ﷺ жиб рещтIараб. Къуръан цIализе ккола тажвид-махражалда. Гьедин цIализе тIадаб букIиналда гIалимзаби рекъана. Къуръан, бакъанги берцин гьабун цIализе суннатаб букIиналдаги гIалимзаби тIад рекъана.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Къуръан цIале бакъаналда», - ян. Умму Саламатидасан бицана: «Гьелъ сипат гьабуна Аварагасул ﷺ Къуръан цIалиялъул, гьеб букIана баянаб, хIарп-хIарп ккун», - ян (Сунан Абу Давуд).

МугIавият ибну Къуррадидасан бицана ва гьесги ГIабдуллагь ибну Мугъаффалидасан: «Дида Авараг ﷺ вихьана Макка бахъараб къоялъ варанида тIадги рекIун, сура «Фатх» цIалулев, бакъанги бачун», - ян (имам Бухари ва Муслим).

Ибну ГIаббасица абуна: «Цо сура бакъан бачун цIализе дие цIикIкIун бокьула тIубараб Къуръан бакъан гьечIого цIалиялдаса», - ян.

ГIалимзабаз абуна, Къуръан цIализе лъикIаб бугин бакъанги берцин гьабун, пикру гьабизе гьелъ тIамулел рукIиналъ. Гьединго гьукъана гIорхъолъа араб куцалда Къуръан гIедегIун цIализеги.

Къуръан цIалулеб мехалъ гIодизе беццараб буго. Гьеб Аллагь ﷻ лъаразул ва вализабазул гIаламат буго. Гьелъул хIакъалъулъ гIемерал хIадисал ва салафу-салихIуназул асарал рачIана.

ГIумар ХатIабидасан бицана: «Рогьалил как жамагIатгун гьес балеб мехалда сура «Юсуф» цIалула. Гьеб мехалда гьесул магIу карандасан чвахун унеб букIана», - ян.

Имам Гъазалияс абуна Къуръан цIалулесе ва аскIов вугесе гIодизе беццараб бугилан. ГIодизе бачIуна Къуръан цIалулеб мехалъ пашманлъи ракIалде щвани, гьениб бицараб хIинкъи кьеялъулги, къотIи-къаялъулги, нилъеда тIадкъарал жалги ракIалде щвезаруни ва жинда гьеб мухIканго гьабизе бажарулареблъи бичIчIани.

Къуръаналъул аятал гIемер такрар гьарун цIализе беццараб буго, гьелъ пикру гьабизе тIамула. Абу Зарияс бицана Аварагас ﷺ рогьинегIан цо аят такрар гьабунин (имам Насаи).

Тамиму Дариясдасан бицана гьес рогьинегIан цо аят гIемер такрар гьабунин. Гьез гьеб такрар гьабулеб букIана гIицIго пикру гьабизе ва магIнаялъухъ халгьабизе.

Ибну МасгIудица, «Я Аллагь, дие Дуца гIелму цIикIкIинабе» абураб аят гIемер такрар гьабуна», - янги буго.

Гьединго Къуръан цIалулеб мехалъ пикру ва магIна халгьабизе хушугIалда цIализе суннатлъула. Къуръаналдаги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Нужеца Къуръаналъул пикругIаги гьабуларищ?» - ян. Гьелъул хIакъалъулъ гIемерал хIадисал рачIана. Гьединго салафу-салихIуназул мисалалги руго. Салафу-салихIуназул гIемерав чияс сордо борчIана цохIо аят такрар гьабулаго ва гьелъул пикру гьабун. ХIатта гьезул цо-цоязул рекIелъе хIинкъи бачIун, гьаракь борчIулаан. Цо-цоял Къуръан цIалулаго хвана. Къуръан цIалулеб мехалъ «АгIузу» бахъизе суннатаб буго, амма тIадаб гьечIо. «АгIузу» бахъизе суннатаб буго жаназалъул как балеб мехалда, тIоцебесеб Аллагьу акбар абун хадуб, ай АлхIам цIалилалде цебе. Къуръан цIалулеб мехалъ Бисмиллагь бахъиялда кутакалда тIадчIей гьабила. Щайгурелъул цо-цояз Бисмиллагь Къуръаналъул аятлъун рикIкIуна.

Кутакалда тIадчIей гьабизе ккола Къуръаналъул адаб-хIурмат гьабиялда. Къуръан цIалулеб мехалъ велъанхъиялдаса, гаргадиялдаса рикIкIалъила, хабар бицине бегьула хIажат ккараб мехалъ. Къуръан цIалулеб мехалъ квераз ишанал гьариларо, щайгурелъул Аллагьгун ﷻ кIалъалев чиясе гьеб иш рекъараб гьечIо.

Къуръан цIалулеб мехалъ бералги бакI-бакIазда речIчIаризариларо.

 

 

АрслангIали ГIумаров

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...