Аслияб гьумералде

Нилъеца кiарчанлъи гьабула

Нилъеца кiарчанлъи гьабула

Нилъер гIадат буго суннатаб жо бугони рехун толеб. Амма гьелъул гIаксалда, гьеб гьабизе хIаракат бахъизе ккола, аваргасда нахърилълъиналъул ниятгун. Гьединаздаса ккола какилъ «АлхIамалда» хадуб сураби цIали. Гьелъухъ кириги щола.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Гьединго паризаяб букIа, суннатаб букIа какил цебесеб кIиго ракагIаталда Къуръаналъул суратал цIализе суннатаб буго. Лъабабилебги ункъабилебги ракагIатазулъ гьел цIализе суннатал гьечIо. Амма тIоцебесебги кIиабилебги ракагIатазулъ цIалун ратичIони, лъабабилебги ункъабилебги ракагIатазулъ цIализе суннатлъула.

Имамас тIатун «АлхIам» цIалулел каказулъ (маркIачIул, боголил, рогьалил, рузманалъул, таравихIазул, гIидазул) гьес суратал цIалулеб рагIулеб бугони, гьесда хадуб как балев маъмум гьесул цIалиялъухъ гIенеккун чIела Къуръаналъул суратал цIаличIого. Гьелго каказулъ имамасул цIали рагIулеб батичIони, маъмумасги суратал цIалила.

Балъго «АлхIам» цIалулел каказулъ имамасги маъмумасги кIиязго цIалула «АлхIамалда» хадур суратал. Къуръаналъул цо аят цIаланиги суннат тIубала. Лъабго цIалани - камиллъула. Камилаб сурат цIали гьелда ращадал аятал цIалиялдаса хирияб буго.

Цо-цояз аятал цIикIкIун цIалиялдасаги къокъаб тIубараб сурат цIали хирияб бугиланги абула. Цебесеб ракагIаталда цIалулеб сурат, хадусеб ракагIаталда цIалулелдаса халатаб цIализеги суннатаб буго. Цебесеб цебе, хадусеб хадуб - Къуръаналъул тартибалда суратал цIализеги суннатаб буго. Цоцада хадур цун ругел суратал цIализеги суннатаб буго.

Цебеселда «Къулгьу» цIалани, гьелда хадусеб «КъулагIузу» халатабги бугелъул, гьебищ яги «Инна агIтIайнакайищ» цIалилебилан абуни, «Инна агIтIайнака» цIалила, амма гьелдасаги хирияб буго «КъулагIузуялъул» «Къулгьуялдаса» дагьаб къадар цIалун тезе. Имамас кIиго ракагIат бан хадуб маъмумас как бухьани, жиндирго цебесеб кIиябго ракагIаталда маъмумас суратал цIалила, рес ккани, ккечIони - лъабабилебги ункъабилебги ракагIаталда цIалила.

МаркIачIул какил тIоцебесебги кIиабилебги ракагIаталда суратал цIаличIого хутIани, лъабабилеб ракагIаталда кIиго сурат цIалила. Какил паризаял жал релълъинаруни чиясул гIумру гьабизе къваригIарал лугбазда, суннатал ккола как берцинлъизабулел жал, ай гьурмаца, квераз, кьунсруз чи берцинлъизавулев гIадин.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...