Аслияб гьумералде

Гъапуллъуге

Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.

 

Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал сабабал хIалтIизаризе нилъедаги тIадаблъун бихьула. Рехсей гьабила рухI иманалда бахъиялъе ругел сабабал:

1) Аллагьасул, Аварагасул ﷺ нухда хьвади.

2) Зикруялда даимлъи. Аварагасул ﷺ хlадис буго: «Дуца дурго Бетlергьанасул цlар рехсей, мун тlубанго гьесдеги вусса».

3) Как ахlулеб мехалъ какие жаваб гьаби.

4) Аварагасда ﷺ василат гьари.

5) Как ахlун хадуб цlалулеб дугlа цlали. Аварагасул ﷺ хlадисалда буго: «Как ахlун хадуб Аварагасде салаватги битlани, василатги гьарани, дун гьев чиясе шафагlат гьабизе гъоркь чlарав вуго», - ян.

6) Рогьалил ва бакъанил какал жамагlатгун рай. Аварагасул ﷺ хlадис буго: «Жамагlатгун мажгиталда бараб как рокъоб баралдаса 27-ялъ цlикlкlуна», - ян.

7) Паризаял каказда хадур алхlам, къулгьу, къулагIузаби, аятул курси цIали. Гьединго рехсей гьабила рухI купруялда бахъизе бегьулел сабабал (Аллагьас цIунаги тIолабго МухIамадияб умматго гьелдаса):

1) Дунял ва дунялалъул лазатал гIемер цIикIкIун рокьи. Аварагас ﷺ абуна: Аллагьасда аскIоб гьаб дунял кIкIараялъул кваркьиялда бащалъулеб букIарабани, капурчиясе цо нухалъ къулчIизе лъим кьелароан. 2) ЧIухIи гьаби. Аварагас ﷺ абуна: «Мискъала заррагIанасеб чIухIи рекIелъ бугев чи алжаналде лъугьунаро», - ян. 3) Живго жиндаго лъикIав чилъун вихьи. Аллагьас Къуръаналда абун буго: «Нужеца нужго реццуге, Аллагьасда лъала Жиндаса унго-унгоги хIинкъулев чи», - ян. 4) Аллагь рехсеялдаса гъапуллъи. Аллагьас Къуръаналда абун буго: «Мун гъафулал чагIаздасан вукIунге». 6) Чияр руччабазухъ ралагьи. 7) ГIакъидаялъулъ мекъи ккей. ГIакъида мекъи ккараз гьабураб жо нилъеда бихьана, бачIинегIан течIого жидецаго тIаде бачана. ХIасил щиб ккарабали гIакълу бугезда бихьизеги бихьана. 8) ХIарамлъиялда даимлъи. 9) Аварагасул ﷺ нух ккунгутIи.

Аллагьас насиб гьабеги щивав бусурбанчиясе гьал сабабалги хIалтIизарун, иманалда дунял тезе.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...