Аслияб гьумералде

ЛъикIав ккве

ЛъикIав ккве

Гьалмагъзаби руго эбел-инсуда, вац-яцалда, гIага-божаразда хадур рачIунел чагIи. Гьелгун цадахъ нилъеца тIамула гIезегIан заман, бикьула ургъел ва хIажатаб къоялъ хIалаеги рахъуна.

 

Диналда жанибги кIудияб бакI ккола гьалмагълъиялъ. Щайин абуни гьалмагъзабазул хIакъалъулъ рицарал Аварагасул ﷺ гIемерал хIадисал руго. Абу-Давудица бицараб хIадисалда буго: «Чи жиндир гьалмагъасул диналда вуго, гьединлъидал нужеца хал гьабе лъилгун гьеб гьабулеб бугебали», - ян.

Цо нухалда Авараг ﷺ, пуланав асхIабгун цадахъ, гъутIби ругеб бакIалде лъугьанила. Гьениб сивакалъе хIалтIизабизе кIиго гIаркьел беканила. Гьезул цояб букIанила битIараб, цогидаб - гьетIараб. ГьетIараб жиндиегоги тун, Аварагас ﷺ битIараб гIаркьел асхIабасе кьунила. Цинги асхIабас абунила: «Я, Аллагьасул расул ﷺ, мун дидасаги цIикIун мустахIикъав вуго битIараб гIаркьел сивакалъе хIалтIизабизе», - ян. Гьесие жаваб гьабун Аварагас ﷺ абунила: «Цонигияв гьечIо жинца цогидасдехун цо къоялъгIаги гьалмагълъи гьабун, Къиямасеб къоялъ гьелдаса цIехон гурони. ТIубазабунищ гьес гьалмагълъи гьабиялъулъ Аллагьасул ﷻ хIакъ ялъуни гIадада хвезейищ гьев тарав абун кIалгьикъиги гьабун гурого», - ан.

Нилъер заманалда бугеб гIадин, гьалмагълъи гьабулебинги абун, гьезда цадахъ бата-батараб гьаби бегьуларо, рукIине ккола Аллагьасда ﷻ цере рахъараб мехалъ ахираталда цоцазе хIалае ратулеллъун, лъикIаб гIамал ккурал ва гьелде цадахъ вугевги кантIизавулевлъун. ХIалае рати абуралъул магIнаги ккола, Аллагь ﷻ лъалел чагIаз абулеб: «Алжаналъул агьлуялъ жал гьенире лъугьун хадур, дунялалда лъикIаб гьабун жидеда цадахъ рукIарал гьалмагъзаби гьенир ратичIеб мехалъ, БетIергьанасда ﷻ цIехола: «Я, нижер БетIергьан ﷻ, дунялалда ругеб мехалъ цадахъ какалги ралел кIалалги кколел гьалмагълъи букIана нижер, амма гьанир гьел рихьулел гьечIо», - ян. Жаваб гьабун БетIергьанас ﷻ абула: «Нуж жужахIалде а ва гьениса къватIиве ваче жиндир рекIелъ дагьабгIаги иман букIарав чи», - ян.

Гьалмагъзабазулги Аллагьасе ﷻ цIикIкIун рокьулел руго дандияздехун гурхIел гIемерал ва рукIа-рахъиналъулъ хIеренал. Гьедин абулеб буго хIадисалдаги.

ХIасанул Басрияс абун буго: «Нужеца гIемерал муъминзабазулгун гьалмагълъи ккве, Къиямасеб къоялъ гьел руго нужее шапагIатчагIи», - ян.

ЛъикIав гьалмагъ вуго мискал ричулев чиясда релълъун. Дуца гьесухъа босулеб гьечIониги гьесда аскIов вугебгIан заманалъ дудаса мискалъул махI бахъинчIого букIунаро.

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...