Аслияб гьумералде

МагIна гъваридал рагIаби

МагIна гъваридал рагIаби

Шайих СагIид-афандил (къ.с.) хIикматаб калам

 

- ГIелму буго рекIел тIегь, тIарикъ буго чорхол рухI бичун босизе кIолареб кIудияб нигIмат.

- Дунял гIуцIулаго гIибадатги хун, гIакълу-тадбиралда тоге дун, Аллагь. Дунял гIуцIулаго гIибадат хвани, гIодила чанги чи гьаб гьечIеб рокъоб.

- Исламияб дин бичIчIуларев жагьилав чияс жагьилаб гурони гIамал гьабилищ?

- Дунялалда бугебщинаб жо лъаниги Аллагь лъачIеб ракIалда дун разияв гьечIо.

- Иманалда рухI бахъиялдаса кIудияб рохел гьечIо гьаб дунялалда.

- Бихьинчи цо нухалъ хола, цIуяв - ункъоялда анцIила ичIго нухалъ хола.

- Инсанасул рекIелъ кIиго жо букIунаро – я Аллагь яги шайтIан букIуна.

- Дин гьечIони инсан вуго жанавар, жужахI буго гьесие хведал боркьараб.

- ЛъикIаб аби дуе гIарац батани, квешаб абичIого тей месед буго.

- ГIибадаталъул хан хирияб калам «Ла илагьа илла Ллагь» гIемераб абе.

- Гьаб вагIза гIоларел залимзабазда заз бекьеян абе пихъ бакIаризе. 

- Къад мунагь гьабичIони, къаси лъикIаб, гьуинаб макьу щола.

- Иман гьечIел ракIалгун ракьалда хьвадизегIан, ракьул чохьониб лъикIаб буго.

- Ханлъун мун вугониги, лагълъун мун вугониги, хвечIого чи хутIуларо, хвел бичун босизе кIоларо кигIан бечедав мун ватаниги.

- Кьижарал рукIуна, рорчIарал рукIуна, хер гIурччинаб букIуна, бакъвараб букIуна, гьединалго гIадамалги рукIуна.

- Дуе гIоло бижараб гьаб дунялалда,

Дур рехсей гьечIого ана дир заман.

Кепкил багьа гьечIеб гьаб дунялалъ,

Гъоркь дунги тIамун мун тIад басандана.

- Исламги ислам гуребги кIиябго буго лъимги цIамги гIадаб жо.

- Ццидал къали гьекъон къо хIехьарасда, къанабакье индал Алжан батила.

- Дин бичараб къавмгун къацандилаго къадар щварав диеги дугIа гьабе, диналъул агьлу, дирги нужее даимаб дугIа буго.

- РекIел зикруялда ракI бугони, рекIелъ нур букIуна.

- РакIалъе зикру буго гъизараб парталалъе сапун гIадаб жо.

- ХIанчIиларилан борохь лъороб тIамуге, божи гьечIев гьудулгун ургъел бикьун чучуге.

- ГIелмуялъ ракIалда нур бала, боцIуца ракI биццат гьабула.

- Хабалъе аниги гIалимзабазул цIарал, зодор цIвабигIан кунчIула. ЦIвабилъун ракьалда хьваданиги диналъул цIогьазул цIарал кIочона.

- Хабалъе босулареб месед-гIарац, бечелъи биччай гIорлъун чвахизе гIорцIи гьечIеб къавмалде.

 

 

Данде гьаруна Харахьиса ГIабдулхIамидица

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...