Аслияб гьумералде

Жиндалъун гIумру халалъулеб

Жиндалъун гIумру халалъулеб

Исламалъ нилъ ахIула гIагарлъи хурхинабизе. Щайгурелъул, гьелдалъун нилъ щолел рукIун бусурбабазда гьоркьоб рокьи цIикIкIинабиялде.

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабас абун буго: «Щив чи вугониги Аллагьасукьа хIинкъулев, гIагарлъиги хурхинабулев, Аллагьас гьесул гIумру цIикIкIинабула ва гьединго боцIи-малги цIикIкIинабула, агьлу-хъизамалъе вокьизеги вокьула», - ян.

КагIбул АхIбарица абун буго: «Муса аварагасе ралъад хъвалхьарав АллагьасхIаги Тавраталда хъван буго: нуж Аллагьасукьа хIинкъа, эбел-инсуе лъикIлъи гьабе, гIагарлъи хурхинабе, нужер гIумру халалъила, бигьалъи бачIина, захIмалъи тIаса борхила», - ян.

ХIасанул Басрияс абун буго: «ГIадамазда гIелму лъараб мехалда, гIелмуялда гIамалги гьабичIого, рокьиги мацIалдалъун бугеб мехалда, гIагарлъиялда гьоркьоб рикьалаби ругеб мехалда, Аллагьас гьезие нагIанаги кьола, гьединго Аллагьас гьел беццаллъунги гьарула», - ян.

Абу Лайс Самаркъандияс абун буго: «ГIагарлъиялда аскIов чи вугеб мехалда, гьесда тIадаб буго гьезулгун хурхен гьабизе, сайгъатал гьарун, зиярат гьабун. БоцIиялдалъун хIалкIвечIони хурхен гьабизе, зиярат гьабила, хIалтIи-пишаялъулъ кумек гьабила», - ян.

ГIагарлъи хурхинабиялъулъ буго анцIго лъикIлъи.

  • ТIоцебесеб - Аллагь разилъи. Щайгурелъул, Аллагьас гIагарлъи хурхинабейин абун букIиналъе гIоло.
  • КIиабилеб - гIагарлъиялъул рекIелъе рохел лъугьинаби. ХIадисалда буго бищун хирияб гIамал бугин бусурбанчиясул рекIелъе рохел лъугьинаби. Лъабабилеб - гIагарлъи хурхинабиялдалъун малаикзаби рохула.
  • Ункъабилеб - гIадамаз гьев кIодо гьавула.
  • Щуабилеб - гIагарлъи хурхинабиялдалъун иблисалъул рекIелъе ургъел ккола.
  • Анлъабилеб - гьелдалъун гIумру халалъула.
  • Анкьабилеб - ризкъи цIикIкIуна.
  • Микьабилеб - хварал умумул рохула гIагарлъи хурхинабиялдалъун.
  • ИчIабилеб - гIагарлъиялъул рекIелъ рохел букIуна, гьесул рохел яги пашманлъи ккарабго гьесие киназго данделъун кумек гьабула.
  • АнцIабилеб - гьев чияс гьабураб лъикIлъи ракIалде щведал, гьесие дугIа гьабула.

Аварагасул асхIаб Анас бин Маликица бицун буго: «Лъабго чи вуго къиямасеб къоялъ гIаршалъул рагIдукь вукIунев. ТIоцебесев, гIагарлъи хурхинабурав чи. КIиабилев, рос хварай чIужугIадан, ай жинца гьесул ятимзаби гIезарурай.

Лъабабилев, ятимзаби, мискинзаби кваназавулев чи. Гьединго щуго жо буго инсанас тIадчIей гьабуни, мугIрул гIадин гьесул лъикIлъаби цIикIкIунел. Гьеб буго садакъаялда тIадчIей гьаби, гьединго гIагарлъи хурхинабурав чи ва Аллагьасул нухда гъазаваталда тIадчIей гьабурав. Гьединго даимго какичуриялда вукIунев чи, жинца лъел исрапги гьабуларев ва эбел-инсул мутIигIлъиялда гъоркь даимго чIарав чи.

Хирияв аварагасухъе вачIун вуго цо чи ва гьикъун буго: «Я Бичасул расул, Аллагьасда аскIоб бищун хирияб гIамал щиб кколеб?» - абун. Аварагас абун буго: «Аллагьасда иман лъей буго», - ян. Гьес жеги гьикъула: «Хадуб бищун хирияб гIамал щиб кколеб?» - ян. Аварагас жаваб гьабула: «ГIагарлъи хурхинаби», - ян. Хадусеб хирияб гIамал щиб кколебин цIехедал, аварагас абула: «ЛъикIалдалъун амру гьаби, квешалдаса нахъчIвай», - абун. Бищун рихараб гIамал щиб кколебин гьикъидал, аварагас жаваб гьабула: «Аллагьасде ширк гьаби буго», - ян. Хадусеб бищунго рихараб гIамал щиб кколебин цIехедал, аварагас жаваб гьабула:

«ГIагарлъиялда гьоркьоб рикьи гьаби ва лъикIалдалъун амру гьаби тей, гьединго, квешалдаса нахъчIвай тейги», - ян.

Нуж Аллагьасукьа хIинкъа, эбел-инсуе лъикIлъи гьабе, гIагарлъи хурхинабе, нужер гIумру халалъила...

Аллагьас бичIи кьеги щивасе!

ГIАБДУРАШИД ГIАБДУЛМУСЛИМОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...