Аслияб гьумералде

ТIабигIат берцинасе щиб щолеб?

ТIабигIат берцинасе щиб щолеб?

ТIабигIат берцинлъи букIана нилъер хирияв аварагасул ﷺ сифат. Ва гьебго сифат букIана асхIабзабазул, табигIиназул ва жидер гIамал куцарал сидикъиназул.

 

- Гьев вукIуна аварагасда ﷺ релълъенлъи гьабуравлъун.

- Алжаналде лъугьиналде хьул бугевлъун. Щайгурелъул, хIадис буго Тирмизиясдасан бицараб: «Бищун цIикIкIун чи Алжаналде лъугьинавулеб гIамал, Аллагьасдасан ﷻ хIинкъиги ва берцинаб тIабигIат кквейги буго».

- ХIисаб-суал гьабулаго лъикIаб рахъалъул цIадираби бакIлъи.

- Иман камиллъи. ХIадисалда буго: «Иманалъул бищун камилаб - тIабигIат берцинлъи буго», - ян.

- Ахираталда авараггун ﷺ цадахъ вукIине щвей.

- КIал ккурав чиясе гIадаб даража щвей. ХIадис буго: «Берцинаб тIабигIаталдалъун чи щола кIал ккурав чиясул даражаялде».

- ЖужахIалдаса хвасарлъи. Аварагас ﷺ абуна: «Дица нужеда бицинищ жужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулев чи щивали. Гьев вуго хIеренав, тамахав, гIадамазде гIагарав чи».

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...