Аслияб гьумералде

25 нухалъ такрар гьабе

25 нухалъ такрар гьабе

Ризкъи гIатIилъиялъе ругел сабабазул цIехолел чагIи гIемер рукIуна. Бищунго аслияблъун ккола жиндир заманалда как бай, ай киналго арканалги адабалги тӀуразарун.

 

Гьединго ризкъи тIаде цIалеблъун ккола зухIаялъул как бай, хасго кьижилалде цебе сура «ВакъигӀат», «Мулк», «Муззаммил», «Лайл» ва «ШархI» гIадал сураби цӀали.

Гьединго гьаб дугIа цIализеги лъикIаб буго:

اَللَّهُمَّ أَغْنِنِي بِحَلاَلِكَ عَنْ حَرَامِكَ وَاكْفِنِي بِفَضْلِكَ عَمَّنْ سِوَاكَ

 

«Аллагьумма агънини бихIалалика гIан хIарамика вакфини бифазлика гIамман сивак».

ГIали ибну ГIабдуррахIманица «ЛамгIатул Ннур» абураб тIехьалда хъван буго: «ХIал бихьараб жоялдасан ккола ризкъи гIатIиялъе щибаб къоялъ гьал назмаби 25 нухалъ такрар гьари:

وهب لي يا وهاب علماً وحكمة، وللرزق يا رزاق، كن لي مُسَهِّلاً

 

«Вагьаб ли я вагьгьабу гIилман ва хIикматан, ва лирризкъи я Раззакъу кун ли Мусагьгьилан».

Гьединго ризкъи тIаде цIала как ахIилалде мажгиталде иналъ, рогьалил какда цебе суннат баялъ. 

ЛъикIаб буго гьаб калима цIализеги:

لاَ حَوْلَ وَلاَ قُوَّةَ إِلاَّ بِاللهِ الْعَلِيِّ الْعَظِيمِ

 

«ЛахIавла вала къуввата илла биЛлагь».

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...