Аслияб гьумералде

Бечелъизе бокьун бугищ?

Бечелъизе бокьун бугищ?

Бечелъизе бокьуларев чи гьаб дунялалда цониги ватиларо. Бечелъи шаргIалъ гьукъараб жо гьечIо. Амма гьелъ гIемерисел гIадамал гуккулел рукIиналъ, чIухIи бачIинабулеб батиялъ, пахрулъи бижизабиялъ, ахираталдаса рикIкIалъизариялъ, закат-сахI бахъизе кIвахIаллъиялъ исламалъ гьеб какула.

 

Бичасул аварагас ﷺ асхIабзабазда малъана ризкъи бигьалъиялъе сабабал. Гьединаздаса цояблъун ккола Сагьлу бину СагIидиясдаса бицараб хIадис: «Бичасул аварагасде ﷺ цо чи зигардана жиндир пакъирлъиялдалъун ва магIишаталъулъ бугеб къварилъиялдалъун. Бичасул аварагас ﷺ гьесда абуна, рокъове лъугьунелъул гьенив ватарав чиясе салам кьеян. Гьенив щивго чи ватичIони жиндие салам кьеян. Цинги суратул «Ихлас», ай къулгьу цIалеян. Малъухъе гьабунила гьев чияс. Аллагьас гьесие боцIи-мал гьарза гьабунила, хIатта мадугьалзабазецин щолебгIан къадаралда», - ян.

Балагьеха, диналъул агьлу, захIматаб жо бугищ гьеб? Рокъове лъугьунелъул, саламги кьун, цо нухалда суратул «Ихлас» цIализе бугоха. ЦIакъго бигьаяб жо гьечIищ? Гьединлъидалин цIакъго кIвар гьабизе кколеб гьединал суннатазул. Аллагьас кумек гьабеги.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...