Аслияб гьумералде

Гьарараб кьолеб къо

Гьарараб кьолеб къо

Гьарараб кьолеб къо

ЗулхIижаялъул ичIабилеб ккола ГIарафа къо. Гьеб къоялъ гьабураб лъикIлъиялъухъ чанго нухалда цIикIкIун кири щолин абула. ХIакъикъаталдаги гьеб къоялъул тIадегIанлъи гIицIго Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо.

 

ЛъикIлъиго гIадин, гьеб къоялъ гьабураб квешаб гIамалги чанго нухалъ кIодо гьабун хъвала. Гьединлъидал бищун цIодорав чи вуго гьеб къо гIибадат-тIагIаталда ва Аллагьасе ﷻ дугIа-алхIам гьабун тIобитIарав.

Гьеб къоялъ кIал кквезе суннатаб буго. Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Аварагасда ﷺ цIеханила ГIарафа къоялъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ ва аварагас ﷺ абунила: «Гьеб къоялъ кIал ккурав чиясул араб соналъулги бачIине бугелъулги мунагьал чурула», - ян.

Байгьакъияс ва ТIабаранияс ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «ГIаишатица Масрукъида абуна: «Ва, Масрукъ, дуда рагIичIищ аварагас ГIарафа къоялъ кIал кквей азарго батIияб къоялъ кIал кквеялда бащадаблъун гьабураблъи», - ян.

Имам Рамалияс гьедун абун буго: «ГIарафа къоялъ кIал кквеялъ кIиго соналъул кIудиялги гьитIиналги мунагьал чурула», - ян. Амма гIадамазда гьоркьор ругел мунагьал абуни, гьел тIаса лъугьиналдалъун гурони тIаса кколаро.

ХIежалда вугев чиясе суннатаб буго гьеб къоялъ, ГIарафа магIарда гьабулеб гIибадаталъе хIал-къуват букIинелъун кIал кквечIого тезе. ГIарафа магIарда бугеб данделъи ккола лъагIалида жаниб цо нухалъ гьабулеб, дунялалдаго бищун кIудияб бусурбабазул данделъи. Гьенир данделъула дунялалдаго бищун гIемерал вализаби, будалаал, акътIабал, автадал, сидикъунал, гIалимзаби ва гьел гурелги. Гьенир рещтIуна Аллагьасул ﷻ киданиги цоги бакIалда рещтIунарел рахIматал, нигIматал, баркатал. ГIарафа магIарда чIеялъул хиралъи бицун рачIарал хIадисал цIакъго гIемерал руго. Насаияс бицана: «Цониги къо гьечIо ГIарафа къоялъ гIадин Аллагьас лагъзалги гъараващалги жужахIалдаса гIемер тархъулеб», - ян.

Къасиялдехун ГIарафа къоялъ ТIадегIанав Аллагь ﷻ ГIарафаялъул агьлуялдаса чIухIула ва малаикзабазда абула: «Балагье нуж гьал Дир лагъзадерихъ, расги букIкI-букIкIун, хIурулги цIун Дихъе рачIарал», - ян. 

 

 

 

Хирияб хIадисалда буго: «ГIарафа къоялъгIан хIакъирго, инжитго, нахъегIанаб хIалалда шайтIан Бадруялъул къоялъ гурони кидаго бихьичIила, гьебги, гьеб къоялъ бусурбабазде рещтIунел рахIматалги ТIадегIанав

 

 

ГIарафаялда чIей ккола хIежалъул бищун аслияб рукну. Гьенир чIечIого гьабураб хIеж хIежлъун рикIкIунаро. ГIарафаялда чIейлъун рикIкIуна зулхIижалъул ичIабилеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъ хъахIлъи биччазегIан гьоркьоб гIужалда ГIарафаялъул ракьалда цо лахIзаталда чIей, кьижун вугониги гьеб вукъуфлъун рикIкIуна. ГIарафалда чIей ккола хIежалъул аслияб бутIа. Гьеб къоялъ кIвар гьечIого бичча-бихъай гьабурав чи сундасаго махIрумлъаравлъун вукIуна. 

Цо нухалда Аллагь ﷻ разилъаяв Фузайл ибну ГIияз, ГIарафалда гIодун Аллагьасда ﷻ гьардолел гIадамазухъ балагьана, цинги аскIор рукIаразда абуна: «Нужеца бице, гьал гIадамаз цо сахаватав чиясда аскIореги ун, гьесдаса цо копек гьарун букIарабани, гьес гьал гIадамал гьарараб жо кьечIого нахъе ритIилаандай?» - абун. АскIор рукIараз ритIиларин абидал, нахъеги Фузайлица абуна: «АллагьасхIаги, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ ГIарафаялда ругел гьал гIадамаз гьарарабщинаб жо кьей бигьаяб буго, дов чияс гьазие цо копек кьеялдасаги», - ян.

Гьабулеб гIибадат Аллагьас ﷻ къабул гьабиялда щибго щаклъиги бачIине биччаларо. ХIадисалда бугелъулха: «Бищун кIудияб мунагьлъун ккола ГIарафаялдаги чIун, жиндир мунагьал чуричIилан ракIалде ккей».  Аварагас ﷺ абуна: «Бищун хирияб дугIа ГIарафаялъул дугIа буго», - ян (Тирмизи).

Имам Гъазалияс ГIарафа къоялъ гьабизе лъикIаблъун бихьизабураб гьадинаб дугIаги буго: «Я дир Аллагь, лъикIлъи гьабурал гIадамаз жидеца жалго Дуда цере реццулел ратани, дица дир напсалда гIайиб чIвалеб буго кIарчанлъи гьабунилан. Я дир Аллагь , дир гIасилъабаз дир мацI бухьун буго, Дуде гIагарлъизе, Дуда гьаризе дир лъикIаб гIамалги гьечIо, дие шапагIат гьабулеб щибго жоги гьечIо гIицIго Дур цIобалде хьул лъей гурого. Я Аллагь , дир мунагьаз Дуда аскIоб дир щибго къадру хутIизабичIо, гIузру бачине дие бакIги течIо, кинниги Мун гурхIулезулги бищун гурхIулев вуго. Дун Дур рахIматалде щвезе мустахIикъав гьечIониги, Дур рахIмат диде щвезе мустахIикъаб буго. Дур рахIмат кинабго жоялъе гIатIилъана, дунги гьеб кинабго жоялдаса цо жо ккола. Я Аллагь , дир мунагьал кигIан чIахIиял ратаниги, Дур гIафву-гурхIелалда дандеккун гьитIинал руго, Дуца гьел чуреха, я гурхIулев Аллагь ».

Гьеб къоялъ дагьаб кьунги садакъа кьезеги цIакъго-цIакъ суннатаб ва хирияб буго.

 

 

СалихI МуртазагIалиев

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...