Аслияб гьумералде

Рогьалил суннат

Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина» цIалула:

 

«Аллагьуммагьдини(на) фиман гьадайта, ва гIафини(на) фиман гIафайта ва таваллани(на) фиман таваллайта, ва барик ли (лана) фима агIтIайта ва къини (на) шарра ма къазайта фа иннака такъзи ва ла юкъза гIалайка ва иннагьу ла язиллу ман валайта вала ягIизу ман гIадайта. Табаракта раббана ва тагIалайта фалакал хIамду гIала ма къазайта (н)астагъфирука ва (н)атубу илайка», – абун

Гьеб лъугIидал МухIаммад аварагасде ﷺ свалатги битIун абула «Раббигъфир вархIам ва анта хайру ррахIимин» абун. «Магьдинаялъул» ахиралда имамас свалат битIулаго, хадуб как балесги цадахъ свалат битIила, ахиралда «Аминиланги» абила.

Магьдинаялъул магIна: «Я дир Аллагь, Дуца дун Дуде щолеб нухде тIовитIе, Дуца тIоритIаралгун цадахъ. Дуца дир киналго ишал ритIун ккезаре, дунги цIуне Дуца цIунаралгун цадахъ, Дуца дие кьураб жоялда жаниб баракатги лъе. Дур хIукму-къадаралда рекъон, дица мунагь гьабуни, Дур ццим бахъиналдасаги цIуне Дуца дун. Дуца кинабго халкъалда тIад хIукму гьабула, Дуда тIад лъицаго хIукму гьабуларо. Дуца цIунизе хьихьизе тIаде восарав чиги гIодовегIанлъуларо. Дуца тушманлъун гьавурав чиги тIадегIанлъуларо. Я нижер БетIергьан, Дур ихIсанги лъикIлъиги цIикIкIана, Мун Дудаго рекъоларебщинаб жоялдасаги вацIцIадав, тIадегIанав вуго. Дуца гьабурабщинаб хIукмуялъулги Дуе щибаб рецц буго, дица мунагьал чуриги тIалаб гьабула Дудаса, Дуде дунги вуссуна».

ЖамагIат какалда «Магьдина» имамас цIалулеб мехалъ жиндие хас гьабиларо, киназего гIамм гьабила, ай «ни» абурал ахиразда «на» абун цIалила, цебе ишара гьабураб куцалъ. Ахиралда «ни» абураб жоялъул магIна ккола «дун, дие» абураб. «На» абуралъул магIна ккола «ниж, нижее» абураб. «Фа иннака такъзи» абураб бакIалде щвезегIан имамас «Магьдина» цIалулеб мехалъ нахъругез «амин» абила, гьенибе щвезегIан цIалулеб жо дугIа букIиналъ.

Гьелдаса хадуб ахиралде щвезегIан имамас цIалухъе цIалила хадув вугесги, гьениб Аллагьасе ﷻ рецц гьаби кколелъул.  Имамас «Магьдина» кидаго цогидазда рагIизабун цIалула, гьесда хадуб «амин» абулез «аминги» тIатун абула. Имамас ахиралде щвезегIан «Магьдина» тIатун цIалула, хадуб как балез «иннака такъзиялдаса» хадуб гьесда цадахъ балъго цIалула. Имамасул «Магьдина» рагIичIони, нахърилъараз авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегIан «Магьдина» жидеего цIалила.

Жинцаго как балев чиясе, халат гьабиялда разилъулел чагIазул имамасеги гьаб хадуб рехсараб дугIа цIализеги лъикIаб буго: «Аллагьумма инна настагIинука ва настагьфирука ва настагьдика ва нуъмину бика ва натаваккалу гIалайка ва нусни гIалайкал хайра куллагьу, нашкурука ва ла накфурука ва нахлагIу ва натруку манн яфжурука. Аллагьумма иййака нагIбуду ва лака нусалли ва насжуду ва илайка насгIа ва нахIфаду, ва нахша гIазабака Инна гIазабака жидда биль куффари мульхIикъун. Аллагьумма гIаззибил кафарата вальмушрикина агIдаака агIдаа ддин. Аллазина ясуддуна гIан сабилика, ва юказзибуна русулака ва юкъатилуна авлияака. Аллагьуммагъфир лильмуъминина вальмуъминати, вальмуслимина, вальмуслимати аль ахIяи мингьум валь амвати.

Аллагьумма аслихI зата байнигьим ва аллиф байна къулубигьим важгIал фи къулубигьимуль имана валь хIикмат ва саббитгьум гIала миллати расулика ва авзигIгьум ан юфу бигIагьдика аллази гIагьадтагьум гIалайгьи, вансургьум гIала гIадуввика ва гIадуввигьим илагьал хIакъкъи важгIальна мингьум».

Гьаб ккола ГIумар-асхIабасул «Магьдина». Гьабги цIализе хирияб буго. Цоялда къокълъизе бокьани, цебесеб цIалун тела.

«Магьдина» цIалулеб мехалъ кверал рорхила дугIа гьабулеб гIадин ва гьоркьохъеб хIалалъ рорхула. ЦIалун лъугIидал гьел гьурмада рахъуларо, рорхун рукIаго кIиялго кверал данде къазе рекъаралги руго.

«Магьдина» цIализе суннатаб буго рогьалил хутIараб как бецIулеб бугони, гьединго, суннатаб буго рамазан моцIалъул кIиабилеб бащалъиялда витруялъул ахирисеб ракагIаталъул рукугIалдаса игIтидалалде тIаде рорхараб мехалъ. Гьединго суннатаб буго ракъдаллъи, вабаъ, рагъ гIадаб балагь бусурбабазде бачIун бугони. КIиго бусурбанчиясде балагь бачIун бугоницин суннатаб буго «Магьдина» цIализе. Гьединго «Магьдина» цIализе суннатаб буго бусурбабазе пайда бугев шайих, вали, гIалимчи, гIадилав хан гIадав чиясде балагь рештIаниги. Гьелъие гIоло цIалулеб «Магьдинаги» паризаял каказул ахирисеб ракагIаталда цIалула. Имамас букIа, батIаго как балев чияс букIа, гьебги рагIун цIалула. «Магьдина» цIалун лъугIун хадуб гьеб балагь тIаса босеянги гьарила. Гьеб мехалъ кверазул мугъаб рахъ эхеде гьабула.

«Магьдина» гьоркьоб биччан батани, щиб гьабизе кколеб?

Кин бугониги «Магьдина» яги гьелъул цо бутIа цIаличIого хутIани, какил ахирисеб «АттахIият» цIалун хадуб салам кьелалда цебе сагьвиллъиялъул сужда гьабизе суннатлъула, «Магьдина» борчIиялъул мукъсанлъи бацIцIине. Жибго «Магьдина» цIаличIониги, сагьвиллъиялъул сужда гьабичIониги как холаро.

«Магьдина» лъазабизе рекъола лъаларезеги. «Магьдина» тей имам ШафигIил мазгьабалда ккола жиндалъул сагьвиялъул сужда гьабизе суннатлъулеб бакI. Сагьвиялъул сужда ккола какилъ кIвар бугеб жо кIочон тараб мехалъ яги какилъ парзлъун бугеб жо бокьун тедал биххулеб мехалъ кIочон тедал салам кьезегIан цебе гьабулеб кIиго сужда.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...