Аслияб гьумералде

ХIакъикъияб хабар

ХIакъикъияб хабар

Вас гьавун моцI балелдего васасул инсуца цIар тIамуна лъадуда ва заманго иналде цогидай чӀужуги ячун, цIияб гIумруялда байбихьана.

Васасул эбел, жиндир ресалда рекъон, гьитIинабго минаялъуб васгун, эбелгун ва яцгӀалгун гIумру гьабулей йикӀана. Инсул рахъалдасан васасе гьабулеб кумек букIинчIолъиялъ, эбелалъ судалъул кумекалдалъун алиментал рахъана. ГӀарац кьезе бокьуларого, инсуца даран-базар гьабун гурого, харж щолеб хӀалтIи гьабулароан.

ГӀаммаб къагIидаялъ дандекъан цо лъагӀалица гурони алиментал щвечӀин абулаан эбелалъ. Цого-цо эмен гьечӀин аби гурого, алиментал кьечӀогойилан, эбелаль васасда ракъи ва ратIликълъи бихьизе течIо. Эбелалъ яхI бахъана васасе исламияб тарбия кьезе, балеб какалдаги кколеб кӀалалдаги гьев даимлъизавизе.

Риидалил къоялъ щуго сон барав вас, жиндаса лъагӀелгун бащдалъ кӀудияв мадугьалгун росдал годекIанире щведал, ганчIазда гӀодор чӀун хабаралда рукIарал чlахIиязул цоясде килищги битӀун, мадугьалас абуна: «Гьадале дур эмен, печенаби росеян абе», - ян.

ТӀоцеве эмен вихьиялдаса разилъарав васас, аскӀовеги ун, инсуда абуна: «Дада, печенаби росе», - ян. Инсуца гьабураб жаваб лъабкъоялда хадуб сон баниги, живго эменлъун, кӀудияв эменлъун вахъаниги гӀундузда багъулеб бугин бицуна гьанже гьес. Инсуца абула, мун гӀадинав жоясе росизегIан гьасиего росилаян ва годекIаниб букIараб тукадаса росун печенаби кьола цадахъ вукIарав мадугьаласе.

Инсуца васасе гьабураб жаваб жеги киданиги рагIун букIун батиларо годекIанир гӀодор чIаразда. Щайгурелъул бицунеб букIараб хабар кьотӀизеги тун, гьел pyцIцIyxlyн чIана. РакIалдаго гьечIого печенаби щварав мадугьалас, гьасда цебе къвачlаги ккун, гьал росеян абула. Жаваб кьезеян кӀал рагьани гӀоди кквезе кӀолареблъиги лъан, годекIанир рукIаразда хIал лъазе биччазеги бокьичӀого, васас инкар гьабуна ва бигьа гьабун рокъове ана.

ГодекIанир рукIарал гIадамал рихьулареб бакIалде щведал, чваххулаго магIугун векерана рокъове. ТIокъода гӀодой чӀун ятарай эбелалдаги хурхун, вас, гьаракьги биччан, гӀодана. «Щиб лъугьараб, дир вас», - илан цIехолдулей эбелалъе гӀодун гурого жаваб гьабизеги бажаричIо. Эбелги васги гӀодулел рихьарал кӀодоэбелги яцгӀалги лъугьана цадахъго гIодизе ва тIаде рачIарал мадугьалзабаздаги бичIчIулеб букIинчIо гьезие ккараб-тараб.

Ахирги васасул жаваб рагIидал, эбелалъ щуго гъурущги кьун йитIана яцгӀал печенаби росизе. Я гьеб къоялъ яги хадусел къояз эбелалъ киданиги васасда абичӀо гьесул эмен къадарав чи вугин ва лъазабуна адаб тун инсуда кӀалъагеян. Хадусел соназ васасухъе щвезеян вачIарав эмен эбелалъ къабул гьавулаан, цебе квен лъолаан.

Тlаде ячарай инсул кӀиабилей лъадулги эбелалъулги ракIxвейги букIинчIо. Васасдаги малъана гьесдаса гӀисинал вацал-яцазда хадуб бербалагьи гьабеян. Эбелалъул амру тӀубалаго тӀамулеб буго жакъаги васас гIумру. 1968 соналъул августалда эмен къадаралде щвана. Гьев хун бараб зигараги букIана васасда тӀоцебе бараб зигара. Инсул кӀиабилей чӀужуялъул рокъоб букIана магӀирукъ. Эбелалъги бан букIана чIегIер.

ДуцагӀаги щай барабин цIехедал, гьелъ абулаан васасул эмен хун бараб бугин. 2001 соналъул 15 июналда мунагьал чураяй эбел накълулъана. Къого сон аниги васасул жакъаги бадиб магIу ххулула эбел ракӀалде щун.

ГІ. ГӀУМАРОВ

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Балагьаздаса цIуниялъе

Жакъа нилъ киналго руго Дагъистаналда ккаралъул нугIзаллъун. ГIемерал гIадамал захIматаб хIалалде ккана, гьебги, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи ккола.   ХIакъикъаталдаги, гьаб дунял бижунго букIана хIалбихьиялъул бакI хIисабалда. Нилъер бугебщинаб жо -...


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...


АлхIамалъул хIикмат

Бокьараб как балеб мехалъ чияс щибаб ракагIаталда цIалула «ФатихIа» сура. Гьеб «ФатихIа» сура гурони цониги сура чIоларо какилъ гьеб цIализе хIалкIолев чиясе. Лъаларезе, гьанже ругьунлъулезе батIияб хIукму буго.   ГIубада ибн ас-Самитица бицана Аварагас ﷺ абунин:...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьалзабазул лъимер...   Цо тIалаялъ тIадехун ругел цIиял мадугьалзабаз дун махIрум гьаюна кинаб букIаниги парахалъиялдаса. Гьезул лъимер гьоркьоса къотIичIого гIодула яги къаси цо тIубараб мехалъцин бекерахъдула, дванкола. Гьединаб хъуй букIаго хIухьбахъизе санагIалъи букIунаро. Дица...


ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.   Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру...