Аслияб гьумералде

Шамил

Шамил

Ленинкент поселокалда, шайих АхIмад афандил цIаралда бугеб мажгиталда, тIобитIана шагьидлъун хварав ХIамзатов ГьитIинамухIаммадибирхIажи ракIалде щвезавиялъул хIурматалда мухIканго какие чуриялъул ва как баялъул рахъалъ къец. Гьебги тIобитIана Шамил районалъул ГIуриб росдал вакилзабазда гьоркьоб. Къец тIобитIана кIиго бутIаялдеги бикьун, ай 1-4 классазул ва 5-11 классазул лъималазда гьоркьоб. Кинабниги гIахьаллъи гьабуна 20-гIан чияс. Бергьаразе кьуна сайгъатал ва гIарцулал шапакъатал.

БОЛЪИХЪ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIамаев ва муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев ГIабдула Герейханов щвана Кьохъ росулъе.

Гьел дандчIвана росдал жамагIатгун ва бицана рухIияб лъай тIибитIизабиялъул хIакъалъулъ. Гьединго АхIмад МухIамаев дандчIвана росдал бегавул МухIаммадсайгит Ибрагьимовгун ва дандрана цадахъ рекъон гьаризе бегьулел суалал.

ГУМБЕТ

«Благонравие праведников» абураб тIехьалда тIасан тIолгороссиялъулаб къецалъул кIиабилеб этап тIобитIана ТIаса Инхо росулъ. ГIахьалчагIазе икъбалги гьарун, вагIзагун цере рахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил ХIажиев ва рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан СайидхIусен ХIамзатов.

КАЗБЕК

Иха росулъ бугеб лъималазул лагералъул хIалтIи ахиралде щвеялда бан тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Амирали Абубакаровас, Иха росдал имам Рамазан МухIаммадовас ва росдал гIолохъабазул вакил Мурад Улубиевас. Абубакаровас бицана лъималазе лагералда исламалъул дарсал кьолел рукIинги кутакаталда лъикIаб иш бугин ва нилъеца гIун бачIунеб гIел куцазе кколин битIараб тарбияги кьун.

ГЪУНИБ

Муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Разакъовги отделалъул хIалтIухъан ГъазимухIаммад ГIабдулкаримовги щвана Кудали росулъе. Гьел дандчIвана росдал имамгун, мадрасалъул директоргун, росдал жамагIатчагIигун. Гьединго гьез халгьабуна мажгиталда ремонталъулаб хIалтIи унеб бугеб куцалъухъги.

ЦIИЯБ ЛАК

Районалъул ЦIияб МелъелтIа росулъ тIобитIана цIалдохъабазда гьоркьоб футбол хIаялъул рахъалъ турнир. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил Назировас, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад МухIаммадовас, имамзабаз ва росабазул вакилзабаз. Турнир тIобитIиялъул аслияб мурадги букIана гIолеб гIелалда гьоркьоб гьудуллъивацлъи щула гьаби.

ГЪИЗЛЯР

Шагьаралъул мажгитазда цере рагьарал курсазда цIалулел лъималазда гьоркьоб тIобитIана мини-футболалъул рахъалъ къецал. Гьезда гIахьаллъи гьабуна анкьго мажгиталъул командаялъ. Бергьаразе сайгъатал кьолеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловас, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ХIусен МухIаммадовас ва мадрасалъул директор ГIабдулаца.

ЛЪАРАТIА

«Инсан» фондалъ кIвараб кумек гьабулеб буго республикаялъул рикIкIада ругел районазда хIалтIулел медиказегун больницабазе. Масала, гьединаб кумек гьабуна ЛъаратIа районалъул централияб больницаялъе. Гьенибе щвезабуна кислородалъул кIиго концентратор, маскаби ва дезинфекторал. Гьединаб кумекалъухъ тохтурзабаз баркалаги загьир гьабуна фондалъул хIалтIухъабазеги гьеб лъикIаб иш гьабиялда гIахьаллъи гьабунщиназеги.

ХЬАРГАБИ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана имамзабазул данделъи. Гьединго гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна «Инсан» фондалъул Хьаргаби районалда вугев вакил МухIаммадкамил Гъазиевасги.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...