Аслияб гьумералде

Гъуниб

Гъуниб

Гьал къоязда муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Разакъов ва районалъул гIолилазул цевехъан Ибрагьимдибир Ибрагьимдибиров дандчIвана гIинда бакIазда гьоркьоб тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ бергьарав СалтIа росулъа ГIабдурахIманов МухIаммадгун.

Гьединго дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул спорталъул ва физическияб культураялъул министрасул заместитель ХIайдарбек ХIайдарбековас, спорталъул, культураялъул ва туризмалъул отделалъул начальник МухIаммад Сагитовас. «Нижеца гIолилал ахIула спорталде машгъуллъизе ва МухIаммадидаса мисал босизе», - ян бицана кIалъазе рахъараз.

УНСОКОЛО

ГIараб мацIалда хъвараб Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афандил «Благонравие праведников» абураб тIехьалда тIасан конкурс тIобитIун букIана Унсоколо районалда. Дагьал церегIан къоязда гьелда бергьаралгун ва гIахьаллъаралгун дандчIвана ДРялъул муфти.

Муфтияс гьезда баркана бергьенлъи ва гьарана гьелдаса щвараб лъай гIумруялъулъ хIалтIизабизе тавпикъги къуватги. Къецалдайин абуни тIоцебесеб бакI ккуна Унсоколо районалдаса Фатима ХIасановалъ, кIиабилеб бакI щвана Гъизляр районалдаса АхIмад МухIаммадовасе ва лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Шамил районалдаса Шамил Керимов.

ТIоцебесеб бакI ккуралъе кьуна гIумраялде ине сертификат, кIиабилеб бакIалъухъ – 30 000 гъурущ ва лъабабилеб бакIалъухъ – 20 000 гъурущ.

ХЬАРГАБИ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана росабазул имамзабазул данделъи. Гьединго гьелда гIахьаллъи гьабуна «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул вакил МухIаммадкамил Гъазиевас ва муфтияталъул вакил Ислам МухIаммадовас.

«Инсан» фондалъул вакил МухIаммадкамил Гъазиевас бицана Къурбанкъоялде гьабун бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. Гьединго гьес абуна рокъоса къватIивеги вахъинчIого, фондалъул кумекалалъун, бокьарав чиясулги рес бугин къурбан хъвезе.

ГIАХЬВАХЪ

«Они защитили честь Дагестана» абураб ахIиялда гъоркь, районалъул библиотекаялда тIобитIана 1999 соналда Болъихъ районалда ккарал лъугьа-бахъиназе сайгъат гьабураб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабурав районалъул имамзабазул советалъул председателасул кумекчи Шамсудин Шамсудиновас бицана нилъер щивас хIалтIи гIуцIизе кколеб куцалъул ва терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьезе тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

Тадбиралъул ахиралда районалъул бетIер МуртазагIалиев МухIаммадица шапакъатал кьуна рагъулал ишазулъ гIахьаллъаразе.

БОЛЪИХЪ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдула Герейхановасул нухмалъиялда гъоркь, микрорайоналда бугеб мадрасалда, тIобитIана имамзабазе дарс. Гьелдаса хадуб имамзабаз бицана жиде-жидер росулъ Къурбан къоялде гьабулеб бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъги дандрана батIи-батIиял суалалги.

ШАМИЛ

Районалъул Могьохъ росулъ тIобитIана Могьохъ ва Гъоркьа Бакълъухъ росдал гIолилазда гьоркьоб футбол хIаялъул рахъалъ къец. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатовас, муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев АхIмад Дибировас, кIиябго росдал имамзаби МухIаммад МухIаммадовас ва МухIаммад ГIумаровас. Гьайгьай гьединал тадбираз цолъизарула гIолилал ва цIикIкIинабула цоцазда гьоркьоб вацлъи.

ГУМБЕТ

Гьал къоязда районалъул гIолилазда гьоркьоб тIобитIана пляжалъулаб футболалъул турнир. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ва гIолилазда цеве вахъун кIалъана Гумбет районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадов, районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил ХIажиев, ГТОялъул вакил Юнус НурмухIамадов, ДРялъул бетIерасул кумекчи Сайпудин Саипов ва «Патриоты» ассоциациялъул председатель Шамил ГIабдулахIажиев.

ЧIАРАДА

Гьал къоязда районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIузайр Давудовас ва лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизовас тIобитIана АТКялъул отделалъул начальник Асад МухIамадовасулгун ва гьебго отделалъул бетIерав махщелчи Рустам Мусаевасулгун дандчIвай.

Гьез гьоркьоб лъун букIана пандемиялъул заманалда дандчIвалел захIмалъабазул суалал. Гьелда бан хIукму ккана, тIоритIизе рукIарал рухIаниял, администрациялъулал, районалъул спорталъул отделалъулал ва «ЧIарада районалъул гIолилал» гIуцIиялъул киналниги данделъаби нахърахъизе.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...