Аварагасе ﷺ бокьулаан…
Аварагасе ﷺ бокьулаан…

Авараг ﷺ вукIана кутакалда гIадатияв инсан. Гьесул тIабигIат мухIканго лъазабураб мехалда хIайранлъизеги бачIуна. Кванилъги гIадатияв вукIана, цебе бугеб жо кванаялда гIей гьабулаан.
Бежараб гьан батани, гьеб кваналаан. Ролъул яги пурчIинадул чед батани, гьебги кваналаан. Жибго гьуинлъи яги гьоцӀо батани, гьелда гIей гьабулаан. Гьединго рахь, чед гьечIого батани, гьелдаги гIей гьабулаан.
Бухариясги Муслимицаги ГӀайишатидасан бицана, Аварагасе ﷺ гьуинлъи ва гьоцӀо бокьулаанин абун.
Салабияс абуна Аварагасе ﷺ рокьулел рукӀарал гьуинлъабаздаса кколин рахьгун жубараб чамасдакI.
ХатIабица абуна Аварагасе ﷺ гьуинлъи бокьи напсалда букIинчIила: гӀицӀго кванил нигӀматазда гьоркьоб гьуинаб жо бугеб мехалъ, гьеб кваналаанин ва бокьулаанин.
Ибну ХӀажар Гьайтамияс «Ашрафул Васаил» абураб тӀехьалда хъван буго: «Багьаяб, лъикIаб кваниде бугеб чиясул тIабигIияб рокьи, зугьд хвезабуларо».
Имам Тирмизияс Умму Гьани абурай гIаданалдасан бицун буго: «Авараг ﷺ ГӀалихъе зиярат гьабун уна ва абуна: «Дур щибниги кваназе жо бугищ?» - ан. Дица жаваб кьуна: «Буго, амма гIицIго бакъвараб чедги къанцIаги», - ян. Аварагас абула: «Босун вачIа», - ян. Имам Муслимица Жабиридасан бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ жиндирго хъизамалда кваназе жо бугищин гьикъанила. КъанцIа гурони щибго гьечӀин жаваб кьедал, Аварагас ﷺ абунила цебе босеян.
Загьдам Жармияс бицараб хӀадисалда буго: «Ниж, Абу Муса АшгIариясул рокъор ругеб мехалъ, гьес гӀанкӀу бачIана», - ян. Гьенив вукӀаразул цояс абула: «Дида гӀанкӀуялъ ракI къалеб жо кваналеб бихьана, гьединлъидал дун гьедана гьеб кваназе гьечӀин», - абун. Цинги Абу Мусаца абуна: «РачӀа [кванай], дида вихьана Авараг ﷺ гӀанкӀу кваналев», - ян.
Абу Муса АшгӀарияс гьесда бичӀчӀизабуна данде кколареб пикру бицунеб букӀин. Аллагьасул Расулас ﷺ гӀанкӀу кванан бугелъул, гьесиеги рекъараб буго Аварагасда ﷺ нахъвилълъун гьеб кваназе ва гьеди биххизабун кафаратги кьезе.
Ибрагьим ибну ГӀумар ибн Сафиница бицана жиндирго инсудасан ва гьесги инсудасан: «Дица Авараггун ﷺ цадахъ дрофаялъул гьан кванана», - ян.
Аварагас ﷺ чан гьабун щвараб гIанкIудалги хӀанчӀазулги гьан кванана, гьес гьан бичун босичӀо ва чанахъанлъи гьабичӀо.
Аварагас ﷺ ГӀайишатида абула: «Дуца хъабахъ белъунеб мехалъ гIемер цIикIкIинабе гьеб. ХӀакъикъаталда, гьелъ пашманаб ракӀ боххизабула», - ян. Аварагас ﷺ кванана гьанал ва хъабхъил гьабураб тIагIам. Гьесие хъабахъ бокьулаан ва абулаан: «Гьаб буго дир вац Юнусил гъветӀ», - ян.
Юнус аварагасул гъветӀилан щай абураб?
Къуръаналда Юнус аварагасул къиса ва гьев киталъул чохьониса хвасарлъараб къагIида рехсана. Юнус авараг Ниневия абураб шагьаралъул халкъалъухъе витIун вукIана. Гьелъул агьлу букIана хъанчазе лагълъи гьабулеб. Гьел гIемерал соназ гьесул вагӀзаялъухъ гӀенеккичӀеб мехалъ, гьезда ццимги бахъун шагьар тола, ТӀадегӀанав Аллагьасул изну гьечӀого.
Гьеб сабаблъун Юнус авараг, тамихI хIисабалда, киталъул чохьониве ккола. Гьениб гьес тавбу гьабун букIинчIебани, къиямасеб къо щвезегӀан гьенив хутӀулаанинги буго.
Киталъул чохьонив вугеб мехалъ, Юнус аварагас ТӀадегӀанав Аллагьасе дугӀа гьабула ва гьев хвасарлъула. Къварилъуде ккарав чиясеги гьеб дугӀа цӀализе лъикӀаб буго.
СагIад ибну Абу Ваккъасидасан бицана МухӀаммад аварагас ﷺ абунин: «Зун-Нунил (Юнус аварагасул) дугӀа, ччугӀил ургьив вугеб мехалъ, гьадинаб букӀана: «Ла илагьа илла Анта. СубхIанака, инни кунту мина ззалимин».
لَا إِلَهَ اِلَّا اَنْتَ سُبْحَانَكَ اِنِّي كُنْتُ مِنَ الظَّالِمِينَ
Гьеб дугӀа гьоркьоб ккун муъминчияс ТӀадегӀанав Аллагьасда гьарани, Аллагьас гьесие жаваб кьола». (Тирмизи, Насаи)
Гьеб хIалбихьиялдаса хадув гьев унтун вукӀана ва ралъдал рагIалда щибниги гьечIеб бакIалда хвезе бегьулаан. Амма Аллагьас ﷻ гьесул тIалаб гьабуна, гьеб бакIалда гӀадатияб гуреб хъабахъ бижана. Гьеб ккола Юнус аварагасул мугӀжизатазул цояб. Амма гьеб букIана кIудияб ва рагIад гьабулеб. Гьелъин гьелда гъветIилан абураб.
Анасица бицана, цо къоялъ Авараг ﷺ ретӀел букъулев чияс гьоболлъухъе ахӀанин. Анас, Авараггун ﷺ цадахъ, ретӀел букъулев чиясухъе уна. Рукъалъул бетIергьанас гьалбадерие кьола пурчIинадул чед ва хъабхъилгун бакъвараб гьанал гьабураб чурпа. Анасица абула: «Дида вихьана Аллагьасул авараг жиндирго тӀагӀелалъул рагӀалдаса хъабхъил кескал ракIарулев. Гьеб къоялдаса нахъе диеги бокьана хъабахъ», - ян.
Иман камиллъиялъул гӀалама-таздаса ккола Аллагьасул Расуласе бокьулебщинаб жо бокьи, кванил нигӀматазда хурхараб бугониги. Гьединлъидал Аллагьасул Расулас ﷺ кванараб ва кваназе бокьулеб букӀараб кваназе ва бокьизе ккола.
Аварагасе ﷺ бищунго гьекъезе бокьулеб жо лъимгун жубараб гьоцӀо ва рахь букIана.