Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Страусазул тайпаби гIемер гьечIо. ГIемераб заманаялъ зоологаз абулеб букIана гьезул цо гурони тайпа гьечIиланги, гьебги Африкаялъул страус. 2014 соналда къабул гьабуна Сомалиялъул страус абурабги тайпа. Сомалиялъул страус батула гIицIго Африкаялъул рохьоб, гьелъие бокьула зазихарал гъутIби ругел бакIал.

 

Страусалъ гIалхуда гIумру гьабула, гьоркьохъеб къагIидаялъ, 30-50 соналъ. Фермабазда хьихьараз цIикIкIун сонал рала. Смитсонианалъул миллияб зоопаркалъул баяналда рекъон, гьенир руго 70 сон баралги.

Бихьинаб страусалъ жиндаго сверухъ чанго цIуяб бакIарула. Амма цояб букIуна киназулго нухмалъуда. Гьелъулгун букIуна бихьиналъул бищун гIемер жубайги. Цогидал рикIкIуна «гьитIинал лъудбилъун», гьезги лъола хоно гIаммаб бусада, амма гьезул ханал дагь гурони рукIунаро.

Ханазда кIусиги буго гIажаибаб. Къаси-къаси кIусула бихьинаб, къад - цIуяб. Гьедин хис-хисун кIусиялъ кумек гьабула ханазулъ къваригIунеб хинлъи чIезабизе ва бусен тIаде рачIунел хIайваназдаса цIунизе. ТIинчI бахъула 40-45 къоялдаса. Ханил хъал букIуна 3-6 мм бугеб, гьеб тIинчIалъ бекула нахъаса бетIер кьабизабун, хадуб бетIералда букIуна гьорой чанго къоялъ халатбахъун хутIулеб. Гьедин хоно бекулаго жаниса тIинчI бахъинги халатбахъуна чанго сагIаталъ.

ТIанчIи рижула канлъи бихьулеллъун, хIулиялъул цIурал ва чанго сагIаталдасан гьезда кIола чIахIиязда хадур лъугьине. МоцI баралда абуни кIола сагIтида жаниб 50 км хехлъиялда бекеризе.

ТIанчIазда квен-тIех балагьизе ва букIа-бахъиналъул гIумру гIемерисеб мехалъ бихьиналъ малъула.

Берал. Страусалда рукIуна чIахIиял берал. ГIадалнах абуни букIуна гьитIинаб. Амма гьелъул магIна кколаро страус гIадалаб бугин абураб.

ХIатIал. Страусалъул хIатIида кIиго гурони килищ букIунаро. Цояб хIатIил килищ, ай кIудияб ккола жиндаса хIинкъи бугеб ярагъ. Гьелъул цо кьабиялъ инсанцин чIвазе бегьула. ХIатIал руго рас тIад гьечIел.

Куркьбал. Страусалда боржине кIоларо, амма гьелъие куркьбал хIажалъула. Бекерулаго гьел хIалтIула руль хIисабалда ва бокьараб рахъалде сверулелъул, балансги цIунула. Жинсияб бухьен гьабизелъун кьурдулаго куркьбаз гьарула аслиял сигналал.

ХIули. Страусалъул хIули букIунаро къвакIараб. Гьезул рас буго цоцада бухьинчIеб, тIеренаб ва тамахаб.

Цаби. Страусазул цаби рукIунаро, гьединлъидал гьезда кIоларо квен гIисин гьабун къулчIизе. ГIурччинаб гъветI-хер гIадаб жо бихIинабизелъун гьез ургъунго къулчIула гьитIинал ганчIал ва маххул кескал.

Кванирукъ. Страусалъул чехь гIуцIараб буго кIиго бутIаялдаса: преджелудок – мукъуралъул бакIалда бугеб, ва ччорбазул кванирукъ – биццатаб хъалалъул, жанибе бачIараб квен хъурулеб гIуцIи жиндилъ бугеб. Цинги квенгун цадахъ къулчIарал ганчIал, махх гIадинал жал гьоркьорги ккун, хъуризабула квен.

ГIемер абулеб жо буго цо кинаб бугониги хIинкъи ккедал гьез бетIер салулъ къазабулин абун. Амма гьеб буго гьадингоб хабар. Страусалда тIаде бачIунеб хIайван бихьани, гьеб я лъутула, яги щулиял килщалги кьабгIулаго данде къеркьола.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...