Аслияб гьумералде

ХIежалъул багьа

ХIежалъул багьа

ХIежалъул багьа

Редакциялде гIемерал кагътал рачIунел руго хIежалде иналъул багьа хира гьабиялъе гIилла щиб ккарабилан цIехон. 

 

2020 соналда дунялалдаго тIибитIун букIана короновирус. Гьелъул къурбаналлъун ккана нилъер гIага-божаралги, лъалел-хъвалелги ва цогидалги. Абизе бегьула гьеб унтиялъ инсанияталъулго гIумрудул низам хисизабунин абун. Гьеб заманалда къан рукIана гIурхъабиги. Гьединго къан букIана хIежалде нухги.

Аллагьасе рецц, гьанже гьеб унти тIаса ана, нухал рагьана, хIежалде ине ресги щвана. Амма аслияб суал буго хIежалде-нахъе ине къваригIунеб харжалда хурхараб.  КигIан нилъее бокьичIониги, гьелъул багьа кIигогIан нухалъ хиралъана, гьелде тIаде, долларалъул багьаги бахана. 

Цо-цоязда ракIалде кколеб буго хIежалде гIадамал ритIулел фирмабаз гьеб жидерго чванта биццалъиялъул мурадалда гьабураб иш бугин абун. Цогидаз гьелъие батIиял гIиллаби ралагьулел руго. ПалхIасил, хIакъикъат цIехон «Ас-салам» казияталъул мухбир СайидмухIаммад Къурбанов щвана «Марва-тур» абураб хIеж-компаниялде. Гьелъул генералияв директор Булат Къурбановасулгун ккана гьадинаб гара-чIвари.

 

- Булат, исана багьа цIикIкIиналъе щиб гIилла ккараб?

- ХIежалде ине харж гьабулеб гIарцуе асар гьабула СагIудиязул ГIарабиялда чIезарулел шартIазухъ балагьун.  Гьелги ккола, хIажизаби самолетазда гьенире щвезари, хIажизаби автобусазда рекIинарун Макка ва Мадина шагьаразда жанир доре-гьанире раччи, гостиницабазул багьаби. Гьеб кинабгоги борцуна доллараздалъун, ай гьелъул бугеб курсалда рекъон. Гьедин, долларалъул курсалде балагьун хисула гъурщилги багьа. Араб соналде дандеккуни, исана долларалъул багьа саламатго бахана. 

Дагьабги мухIканго абуни, сагIудияз Ковидалъул заманалда хIежалъул аслиял бакIазде, ай ГIарафаялде, Муздалифалде ва Минаялде рачиналъул багьаби лъикIаланго рахинаруна. Ковидалдаса хадуб гъоркьеги бачинчIо. Гьелдаго цадахъ, чIезарулел шартIалги хисизаричIо. Гьелда тIасан букIуна гIемерисел хIажизабазул гIарзал, гьединго нижерги гьебго суал букIуна сагIудиязе. Нилъер гуребги цогидал улкабазулги букIуна гьелго масъалаби. Гьез гьабуралда разилъун чIей гурони, батIияб нухги нижее хутIуларо. 

 

- Россиялде данде гьарун ругел гIурхъичIваял (санкцияби) кколищ хIежалъул багьа цIикIкIиналъе сабаблъун?

- Гьел санкцияби сабаблъунги хиралъулеб буго багьа. Масала, Россиялъул цониги авиакомпаниялъул ихтияр гьечIо СагIудиязул ГIарабиялде гIадамал раччизе. Гьелда бан нижеца къотIи-къай гьабуна ГIарабазул Цолъарал Эмиратазул «Флай Дубай», Тажикистаналъул «Сомон Эйр», Кувейталъул «Джазира Эрвейс» авиакомпаниябазулгун. КъватIиса гьел ахIизе ккеялъги багьа бахинабичIого хутIуларо.

 

Цогидал улкабазда бугеб хIал ва багьаби

ТНТ телеканалъул мухбирзабаз гьабураб цIех-рехалъул хIасилалдасан баянлъана гIемерисел улкабазда хIежалде унев чиясухъа 5000-6000 доллар босулеб букIин. Дагъистанияз, гьоркьохъеб хIисабалда, кьезе ккана 4500-5000 доллар. 

 

ГIумра щай учуз бугеб?

ГIумра учузго чIеялъе гIилла буго хIеж гьабулел бакIазде гIадамал ине кколарого рукIун. Масала, ГIарафаялде, Муздалифалде, Минаялде. Гьенире-нахъе гIадамал раччулел автобусал ва цогидал санагIалъаби гIумраялда ругезе рукIунаро.

 

 

ХIадур гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...