Аслияб гьумералде

ГIанкIудал габуралъул хIикмат

ГIанкIудал габуралъул хIикмат

Нужеда лъалищ гIанкIудал габур бокьараб камера бахъулеб стабилизаторалдасаги гьанкIечIого битIун чIолеблъи.

 

Цояз, гIанкIудал бетIералда тIад камераги лъун, хIалбихьула гIедегIараб гамида рекIун видео бахъизе. Нуж божиларо, кигIан гама кIанцIаниги гьелъ видео бахъула гьанкIечIого, стабилизаторалъ гIадин.

Гьелда къокълъун чIечIого гьез жеги мотоциклалда гьебгун цадахъ рекIунги ва гьединго парашюталдасан кIанцIунги хIалбихьула.

Кибго гIанкIудал бетIералда лъураб камераялъ гьанкIечIого видео бахъула.

Нилъеца гIажаиблъи гьабула камераялъул стабилизаторалда, амма гIанкIудал габуралъе БетIергьан Аллагьас ﷻ бижараб бажариялда жеги цIикIкIун гIажаиблъизе ккеларищ? Нилъеда цебе буго кигIан бихьаниги пикру нилъеца гьабулареб гIажаибаб махлукъат. Гьеб жо гIуцIизе дунялалда церетIурал лабораторияздацин хIалкIоларо.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIанкIудал габуралда лъун буго 14 гьодил ракьа ва гьеб щибаб сверула цебеги нахъеги, гьединго, хьибилалдеги. ГIанкIуялда кIола 180 градусалде сверизе, хIатта жеги цIикIкIунги. ХIикмалъизе ккараб жо, гьелъул габур багъаризе ккани, гIадалнахуца сигнал кьезеги кколаро. Габуралда жанибго БетIергьанас гIуцIун буго багъаризе кколеб къагIида. ГIанкIу гьеб гьабизе ккани ургъизе кколеб гьечIо, гьелъ гьеб иш 5 миллисекундалда жаниб гьабулеб буго.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...