Аслияб гьумералде

РацIцIалъи иманалдасан буго

  РацIцIалъи иманалдасан буго

   РацIцIалъи иманалдасан буго

Исламалъ уммат куцана рацIцIалъи цIуниялде. Аллагьасе ﷻ рокьула рацIцIалъи гьабулел гIадамал. РацIцIалъи ункъо батIияб буго: нажаслъи-хIадасалдаса (какичури гьечIолъи, жунублъи) черх бацIцIад гьаби, мунагьаздаса лугбал рацIцIад гьари, квешал тIабигIатаздаса ракI бацIцIад гьаби, Аллагь ﷻ гуреб жоялдаса рекIел сирру бацIцIад гьаби.

 

РацIцIалъи цIуниялъ инсанасул къадру борхула, чорхолъ сахлъи цIунула, гьев Аллагьасеги ﷻ гIадамазеги вокьула. Исламалъ нилъеда малъана рацIцIалъи гьабизе кколел бакIал. Щибаб какие чурулаго гьумер, кверал, хIатIал чуризе, нажасаб жоялдаса ретIел-черх, как балеб бакI бацIцIад цIунизе, рос-лъади гIагарлъун, яги мани бачIун, ялъуни хIайиз, нифас къотIун хадуб черх чуризе, щибаб анкьида жаниб, хасго рузман къоялъ черх чуризе, цаби тIогьиллъидал яги кIалдиса махI бахъиндал, как балалде, какие чурулелъул, кьижулелъул, тIаде вахъун хадуб сивакалъ цаби рацIцIад гьаризе. Щибаб какие чуриялда цадахъ мегIер-кIал ххулизе.

Кванда цебеги кванан хадубги кверал чуризе, кIал бацIцIад гьабизе, рукъзал лъухьизе, азбар-къоно бацIцIад гьабизе, кIикъого къоялдаса тIаде ине течIого къвалакьа, гIавраталдаса расал инаризе, ботIрол рас ххазе, чурун, нах бахун, рас бацIцIад гьабизе, гIидазул, рузманазул къояз черх чуризе, гIадамал данделъулеб бакIалдеги черхги чурун, черхалда гьуинал махIалги гьарун ине. Малъал халалъизе риччачIого, рузман къояз гьел къунцIизе. ЧIотIол, хIурул махI черхалда бугони, чурун тIаса инабизе. Гьеб кинабго бусурбанчияс шаригIаталъ малъухъе цIунизе хIаракат бахъизе ккола. Гьединго, инсанасе рекъараб буго ботIрол расалда жаниб данделъулеб, магIазукъалазда жаниб, гIинзуниб, малъазда гъоркь бакIарулеб кинабго чороклъиялдаса черх бацIцIадго цIунизе.

 

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...