Аслияб гьумералде

Бакъккеялъул зарал

Бакъккеялъул зарал

Бакъккеялъул зарал

 

БухIараб бакъул чIораз, бетIер бахчун гьечIони, унти ккезабизе рес буго. ГIадалнахалъул бидурихьал понцIон ва бидул кьаби хисардун ккола гьеб унтиги. Гьелъул гIаламатаздасан ккола: гьумер цин багIарлъун, цинги кьертIун лъугьин, рекIел кьаби цIикIкIин, гIундузул сас цIикIкIин, бадиб сурсури лъугьин, бетIер унтизе байбихьи, загIиплъи тIаде бачIуна. Рес буго сородизе, лагIизе лъугьине ва лъавудаса ине.

 

Гьединаб мехалда, хехаб кумек тIаде щвелалде, рагIдукье ялъуни гьури пулеб бакIалде вачина, бетIер борхатго кквела, гьурмаде цIорораб лъин пунхъила, цIорораб лъеца биччизабураб чIорто лъела, лъим гьекъела. РекIел кьаби гIодобе ккедал, рекIее массаж гьабила.

Сахлъи цIуниялъе лъикIаб буго лъим гьекъезеги. Чорхолъ лъим дагьлъани, ургьимесалъе зарал гьабула. Гьединлъидал черх букIине кколеб хIалалъ хIалтIизелъун, лъимги бакъги рекъон щвезе ккола. Цояб цIикIкIиндал ялъуни дагьлъидал къаркъалаялъул хIалтIи хисула.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIула тIаса араб энергия цIилъизабизе кумек гьабулеб квен хIалтIизабиялде. Цинги гьеб квенги цIикIкIине бегьуларо черхалъ бихIинабизе рес бугелдаса. ЦIикIкIун кванайги ккола гIемерал унтабазде нуцIа рагьулеб жо.

Аллагьас ﷻ сахлъи кьеги.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...