Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал

 

КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал.

Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб буго.

Жакъа чIаго ругел тайпаби рикьула кIиго хъизамалде, ай цересел хIатIазда ругел килщазул къадаралде балагьун.

Лъабго килщазулаб: 4 тайпа (гIадатияб, карликовияб, бурогорлияб ва ошейниковияб). Гьезул ункъабго лагаялда букIуна лъабго гъункараб килищ, халатал, кIичIарал малъалги рижарал, гьездалъун жал гIаркьалабаздаги хурхунел. Чорхол кьер буго тIулакьераб. Чорхол хинлъи-цIорой хисула гьава-бакъалда рекъон. Цо нухалъ кванараб жоги моцIалъ халатбахъунги бихIуна чохьониб. Аслияб гIумруги, гъутIбузда дализабун бетIергун тIобитIула. Гьедин, кидаго дализабун бетIергун ругел хIайванал рукIиналъ, гьезул жанисеб лага-черх буго гIаксалда бугеб: мугъзадехун кколел чохьодехун, чохьодехун кколел мугъзал рахъалда рукIуна. Бихьиналъул мугъзада буго батIа бахъизе лъалеб рас батIияб кьералъ бижун лъугьараб гIаламат.

КIиго килщазулаб: 2 тайпа (Унау ва Гофманияб ленивец). КIиго килщил тайпаялъулал рикIкIуна жидерго гIумруялъул аслияб бутIа гIаркьалабаздасан бетIер гъоркье гьабун рукIунеллъун.

ГIумру гьабула жалго жидедаго чIун, гIемерисеб рагъа-рачариги къаси заманалъ букIуна, къад кьижула, къанагIат гурони ракьалде рещтIунаро. Кваналеб жоги хер-чIахI, тIанхал, пихъ ва тIугьдул рукIуна. Цо-цо мехалда гIисинал рухIчIаголъаби ва ччутал кванала.

ГIумру гьабулеб бакIги буго Централияб ва Жанубияб Америкаялъул тропикиял рохьал. Амма рохьал къотIи гIемерлъиялъ гьел рикIкIуна тIагIун унел ругел хIайваналлъун.

Ракьалде рачIуна хIажат тIубазе, ай 5-7 къоялда жаниб цо нухалъ. Сордо-къоялда жаниб гьеб кьижула 15-20 сагIаталъ.

Амма кIвахIалал руго лъикIго чвердезе лъалел, ракьалда хьвадизе кIолелдаса лъабго нухалъ хехго лъедола лъелъ. Поплавок гIадин хIалтIулеб кIудияб кванирукъ букIиналъул кумекалдалъун гьезда кIола 40 минуталде щвезегIан хIухьел кквезе. Минуталда жаниб ункъго метраялъул манзилалда цебехун уна.

Малъазул халалъи букIуна 8-10 см. Гьелги гIицIго гъутIбузде хархадизе гурелги, кутакалда регIерал рукIиналъ ярагълъунги ккола.

Моль-огнёвка абураб кIалкIу-чIалъ, хIажат тIубазе гьел ракьалде рещтIиндал, жиндирго хоно лъола гьелъул гъизалъулъ. Цинги рахъарал тIанчIи руссуна гьелъул расулъе ва заманалдасан хола гьенир. Гьездаса турун хутIаралдаса лъугьуна удобрение (азот) гIадаб жо ва цинги бижула водорослаби.

Лъабго килщалъулазда кIола бетIер 300 градусалде сверизабизе. Горбогьодги гьезул щибалъул батIи-батIияб букIуна. Гьеб гьунаралдалъун гьезда кIола черх багъаризабичIого квен тIалаб гьабун бокьараб рахъалде бетIер буссинабизе.

ТIинчI бахъизе хIадурлъараб мехалъ цIуялъ гьарула гIажаибал сасал, цинги бихьинаб бачIуна гьелда аскIобе. Къинлъи халат бахъуна 4-6 моцIалъ. Гьабула цо тIинчI. ТIоцебесеб чанго моцIалъ гьеб букIуна эбелалъул каранда хурхун, цинги дагь-дагьккун сверула мугъзаде ва байбихьула гIаркьалабазде хархадизе. ЛъагIелгIанасеб заман бараб мехалъ гьеб лъугьуна жибго жинцаго тIубазе бажарулеблъун, цинги эбел уна, жибго букIараб бакIги гьелъие тун, цогидаб рахъалде. Бихьиналъул гьезие кумек яги тарбия гьабиялъулъ щибго гIахьаллъи букIунаро. Гьез гIумру гьабула 20-30 соналъ.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...