Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Дельфин

 

Ралъдалъ гIумру гьабулел махлукъатаздасан ругониги гьел руго гIажаибал рухIч1аголъаби. Дельфиназ, масала, гIадамазго гIадин гьуърузул кумеказдалъун хIухьел ц1ала. Лъадалъ гIумру гьабулеллъун ругониги, гьуъразулъе лъим ккани, гьел гъанкъизе рес буго.

 

Амма гьезул магIарзукъалазул бакIалда буго, хIухьел ц1азе рес кьолеб, бетIералда тIад каратI. ХIухьел босизелъун гьел раккизе ккола лъеде тIаде. Руго 30 минуталде щвезегIан хIухьел кквезе кIолелги. Амма гIемерисел щибаб 20-30 секундалдаса къватIире раккизе ккола.

Гьел руго тIанч1азул тIалаб гьабулел хIайваназул бищун лъикIал. ТIинч1 гьабула, икра лъун гуреб, 18 моц1алъ чохьонибги гIезабун. Бесдал хутIаразул тIалабги гьабула цогидаз. ТIанч1иги рахь кьун хахизарула.

Дельфинариязда ругез гIумру гьабула 15-20 соналъ, океанахъ ругез – 70 сонги балеб буго.

Лъадалъ хIухьел ц1азе кIолареллъун рукIиналъ, гьезул гьеч1о махI бачине кIолеб хаслъи. Амма кутакалда рагIула бокьараб сас.

Гьезул тIомода лъураб ругъун, инсанасулалде дандеккун, микьго нухалъ хехго сахлъула. Ругъун лъунин абун би чваххиги тIомалъе зарал ккейги букIунаро.

Дельфиназда хадуб халкколез абулеб букIана гьел киданиги кьижуларин абун. Амма хадуб баянлъана дельфиназул гIадалнахалъул щибаб рахъ иргадал кьижулеблъи. Кьижич1еб хIалтIулеб буго: хIухьел ц1азе, лъелъа къватIибе бахъине ва тIаде бач1унеб хIинкъи халлъизе.

ГIаммаб къагIидаялъ дельфиназул буго 40-гIанасеб тайпа.

Касатка рикIкIуна бищун кIудияблъун. Гьелъул халалъи бахуна 9 метралде, бакIлъи - 6 тоннаялдасаги ц1икIкIуна.

Гьезул беразда бихьула бец1аб бакIалда ва жидеда сверухъ бугеб жо 300 градусалда. Бихьиги буго, беразда къокълъун ч1араб гуреб, ультразвук биччан, предметазул баян гьабун рагIиялдалъун сурат лъазабулеблъун. ГIундузда рагIула ц1акъго лъикI, аза-азар километралъ рикIкIад ругел дандиязул гьаркьал лъазе кIола ва гьезухъе информация битIизе бажарула. Ч1езабун буго гьезул гьаркьазул словарияб къадар 32 батIияб къагIидаялде бикьараб 14 азаргогIанасеб бугин. Ингилисазул гIалимзабаз ч1езабун буго гьезул гьаракь бугин щибалда хасаб, хIатта щибалъул жиде-жидер ц1арцин бугилан.

Рач1ч1 буго кутакалда къуватаб, ччугIбузул гIадаб эхеде араб гуреб, гIебе-гIебеде араб.

Лъедола сагIтие 60 км нахъа тун.

Къокъаялда бугеб щибалъе букIуна хасаб тIадкъай. Цояз гьабула бетIерлъи, хIинкъи гьеч1олъи ц1уни, ц1ияб бакIалъухъ халгьаби. Руго чан гьабулелъул ччугIа хасаб бакIалде гъолел ва гьениса лъутизе рес бугел бакIал кколел. Лъабабилел руго гIиц1го тIанч1и хьихьун, гьезие тарбия кьеялде руссарал.

ГьитIинаб мехалда тIанч1азда рукIуна михъал, эбел батIа бахъизе лъаялъул хаслъи жиделъ бугел. КIудиял гIедал гьел хIулунги уна. Эбелалалда цадахъ тIинч1алъ бала лъабгогIанасеб сон.

Къойида жаниб кванала 15 килограммгIанасеб ччугIа. Квенги бач1инахъего къулч1ула.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...


Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.   МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола...


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...