Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Гуренж

 

Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.

 

Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб рекIинабула чахьалда ва тIинчI бахъун гIезегIан цIунула. Африкаялъул гуренжалъул буго кенгуруялъулго гIадаб сумка, гьениб лъун гIезабула гьелъ хоно. Цо тайпа буго, къаркъалаялда хурхарал тIанчIазе, жиндирго черхалдаса кванил нигIматал кьолебги.

Дунялалда гьезул буго 650-гIанасеб тайпа. Гьезул гьитIинлъи-кIодолъиги тайпа халгьабун букIуна. Бищун кIудияблъун рикIкIуна «гигантская амазонская пиявка» абураб ва гьелъул халалъи бахуна 45 сантиметралде. ЧIандероги гьезда лъабго букIуна, щибалдаги рукIуна регIерал цаби.

Медицинаялда хIалтIизарулезул гIумру халат бахъуна 20-25 соналъ. Медицинаялъе хIалтIизабулеб 6 тайпа гурони гьечIо. Би гьекъедал гуренжал анцIго нухалда кIодолъула. Гьездалъун дару гьабиялдаги абула «Гирудотерапия» абун. Гьезул хIацIулъ букIуна 50-ялдасаги цIикIкIун пайдаяб фермент.

Гьоркьохъеб къагIидаялъ гьез сагIатгIанасеб заманалда жаниб цIула цо гъуд гIанасеб би. ХIанчIун хадуб чиясул тIомода хутIула гьитIинабго Y формаялъул ругъун. ГIорцIизегIан би цIураб гуренж 5-6 моцIалъги кваназе кколаро. Гуренжалъ хIанчIидал унти лъаларо, амма ругънадаса би бачIине бегьула 5-10 сагIаталъги. Китаялда гьел ракъвазарунги хIалтIизарула дарудае.

Гьанже гIемерал улкабазда дару гьабиялъул мурадалда гуренжал гIезарула хасал бакIазда. Гьезул чIагоял нейроналги хIалтIизарун, 1999 соналда гIуцIун буго «Пиявка» абураб биокомпьютер. 1990 соналда гIуцIана дунялалда тIоцебесеб гирудологазул жамгIият.

Гьезул чорхолъ рукIунел руго гьава-бакъ хисизехъин бугеблъи халлъулел нервабазул гIуцIи ва гьеб заманалда чорхол чIвачIвади, рахIатхвей лъугьун рахчизелъун гьел лъелъа къватIире рахъуна. Цо-цо тайпа буго жабраби ругелги, амма гIемерисез хIухьел цIала тIубараб черхалдалъунго.

Чвердолаго яги цогидал ишазда рукIаго гьел черхалда хурхани, лъикIаб буго квераз ккун гьанадаса тIезаричIого, кIал хурхараб бакIалде цIам базе. Гьедин гьабуни, жалго рортун рачIуна гьел.

Цо-цо тайпаби руго 12-гIанасеб бер бугел ва гьезул бералги лъаббокIонал рукIуна.

Даруялъе хIалтIизарулел гуренжазда кIола кваначIого лъагIелгун бащдалъги чIезе, цо-цо тайпабаздайин абуни, кIиго соналде щвезегIанги. ГIилла – кванараб жо цIакъ хIинцго бихIинабулеллъун гьел рукIин.

Гуренжазе бокьуларо махI бугеб сапун, гьуинаб махI, хъалиян ва гьекъолеб жо, амма бокьула бацIцIадаб лъим ва гьава.

Даруяб гуренжалъул хIацIуялъулъ букIуна 100-ялдаса цIикIкIун черхалъе асар гьабулеб биологияб гIуцIи. Гьезда гьоркьоса бищун кIвар бугеблъун ккола би лъама гьабулеб ва тромб лъугьиналде данде къеркьолеб гирудин абураб гIуцIи.

ГIаммаб сахлъи лъикIлъизаби гуребги, гирудотерапия жигараб къагIидаялъ хIалтIизабула жиндир хIалтIи загIиплъараб лага-сан цебе букIараб хIалалде бачIиналъе, пластикияб хирургиялда, хисарал яги къотIун хадур цIидасан букIарал бакIалда рекIинабулел лугбузул гIуцIалаби цоцалъ жураялъе.

Цо нухалъ хIалтIизабураб пиявка кIиабизе хIалтIизабуларо.

Исламияб тIибалдаги гьеб даруялъе хIалтIизаби кутакалда беццун буго. Гьеб хIалтIизаби, гIемерисеб нухалда, хIижама гьабиялда хурхинабула. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго би биччан дару гьабиялъул бицен. ГIабдуллагь ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго: «Сахлъи буго лъабго жоялда жаниб: би биччаялъул картIазда, гьоцIо гьекъеялда (кванай яги хIалтIизаби), яги цIаялдалъун кьвагьизабиялда, (амма) дица дирго уммат нахъчIвана кьвагьизабиялдаса», - абун. (Бухари)

ХIадисалда бицен хIижамалъул бугониги, «би биччаялъул картIазда» абуралда хурхинабун гIемерисел гIалимзабаз бегьизабулеб буго дару-сабаб хIисабалда гирудотерапия хIалтIизабизе. Гьелъулъ руго чиясе пайда кьолел гIемерал хаслъаби.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...