Аслияб гьумералде

Лъалищ нужеда?

Лъалищ нужеда?
  1. ХIадисалда рекъон дугIа щиб кколеб?

– ГIибадаталъул нах.

  1. Аварагасул ﷺ бищун кIудияв вас щив?

– Къасим.

  1. Къуръаналъул вахIю Аварагасухъе ﷺ лъица босун бач1араб?

– ЖабрагIил малаикас.

  1. Къуръан лъихъе рещтIараб?

– ТIолабго гIаламалъухъе.

  1. ГIумар-асхIабасда Фарукъ абун щай абулеб букIараб?

– БитIараб мекъалдаса батIа бахъулев вукIиналъ.

  1. Кинаб къотIи лъугьараб рагъ ккеч1ого?

– ХIудайбияталъул къотIи.

  1. Къуръаналъул таж щиб кколеб?

– Бисмиллагь.

  1. Бану Исраилазул ракIал ТIадегIанав Аллагьас I сунда релълъинарурал?

– Ганч1азда, ай ганч1азда гIадин рекIелъе жо унарел.

  1. Лъелъ букIунеб щиб рухIч1аголъи рехсон бугеб Къуръаналда?

– Кит.

  1. Рекъав шагьид абун лъие ц1ар щвараб?

– ГIамр бин ЖамухIие.

  1. «ГIаммаялда» цоги щиб ц1ар бугеб?

– «Тасаалун».

  1. Лъил амруялдалъун тIоцебе хIадисал данде гьаризе байбихьараб?

– ГIумар бин ГIабдулгIазизил амруялдалъун.

  1. ТIоцебе тIарикъаталъул тIехь хъварав имам щив вукIарав?

– Имам Къушайри.

  1. ХIатIиналъул рагъул (хъанчилалгун) цевехъан щив вукIарав?

– СалахIудин Аюб.

  1. Щиб соналъ СалахIудиница Байтул Макъдис тIадбуссинабураб?

– 583 гьижрияб соналъ.

 

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...