Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Маккал 

 

Маккал руго хIикматго берцинал хIанчIи. Гьезул руго гIемерал тайпабиги. Микки рикIкIуна ракълил чIагояб гIаламатлъун. Нилъеда къватIахъ рихьулел макказул халалъи бахуна кIикъогоялдасаги цIикIкIун сантиметралде, цIайи - бащдаб килограмм.

 

Боржунелъул, гьоркьохъеб къагIидалъ, сагIтие толеб буго 80 км. Хехаб къагIидалда боржиндал – 145 км/ч, халатккун азаргоялдасаги цIикIун км уна, эхедеги 6 кметраялде бахуна. Хассал хIулаби руго хIинцго роржиналъе хIалтIулелги.

Гьезда кIола жалго щварал ва щвезе ругел бакIал ракIалда чIезаризе. Гьединлъидалин гьел хIалтIизарулел почтальонал гIадинги. Гьелъие бажариги буго гьезул кIиго жоялъе гIоло: тIоцебесеб «картаялъул магIнаялъул» нухда ругел хасал гIаламатал, махIал ракIалда чIезаризе бугеб бажари. КIиабилеб, жиндаса роржин байбихьараб бакIалде тIадруссине кумек гьабулеб ракьалъул магнитиял полябазде асар гьабулеб «жанисеб компас» гьезулъ букIин. Жеги, гьез нух балагьулеб буго бакъалъул кумекалдалъун. Гьел хаслъабаздалъун макказда кIолеб буго хадубккун тIадбуссине нух балагьизе.

Пуланаб заманалда, пуланаб бакIалда гьел кваназаруни, хадусеб къоялъги рачIунел руго гьебго заманалда гьебго бакIалде.

ХIанчIазда гьоркьорги гьел рикIкIуна бищун берцинго къачIа-кIатIан рукIине бокьулеллъун. РацIцIалъи гьабулеб буго жидерго хIулабазе. 

ГIалхул макказдайин абуни ракIалда чIолеб буго нахъруссунеб нух гуребги, жидее квешлъи гьабуралги.

Маккал хIалуцун лъугьуна циндаго гьава-бакъалъул хиси лъугьиндал, гьединаб мехалда гьез хехго нух босула ругел бакIаздаса.

Гьезда инсанасдаса хехго бихьула, нилъеда 24 кадр гурони секундалда жаниб къабул гьабизе кIолеб батичIони, гьезда 75 кIола.

Бусен гьабулелъулги кIиго хоно гурони лъоларо, гьедин бугониги лъагIалида жаниб 8-9 нухалъ кIусула ханазда. ТIанчIи гIезариялъулъги кIиябго микки хIалтIула. Бихьиналъ балагьула бусен гьабизе къайи, цIуялъ - гIуцIула. Радалиса цIуяб уна квен балагьизе, бихьинаб хутIула бусада, ханазул тIалаб гьабун. Гьедин хис-хисун кIиябго кIусула ханазда тIад. ТIанчIиги цадахъ кваназарула. Амма цо-цо букIуна бихьиналъул тIалабалде тIанчIиги рехун тун, цIуяб цIиял ханазда тIад кIусулеб къагIидаги. 

ТIанчIи кваназарулеб заманалда гьезул мукъулукъалъул хьалбаздаса бачIунеб буго тIорахь гIадаб жо, гьениса кваналеб буго тIанчIаз гозоялдаса гозоялде кьун. Гьелда абула хIанчIил рахьиланги.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...