Аслияб гьумералде

ЛъикIал тIабигIатаз гIумру халат гьабула

ЛъикIал тIабигIатаз гIумру халат гьабула

ЛъикIал тIабигIатаз гIумру халат гьабула

Бичасул аварагасул кинабниги хIалтIи хурхараб букIана гIадамазул тIабигIатал лъикIлъизариялда. Щайгурелъул, инсан жиндир тIабигIаталдалъун цIарав вугелъул квешал рахъазде. Гьедин, ай тарбиялде цIачIого хутIанагIан гьесул тIабигIат лъугьуна гIалхулаблъун, гурхIелрахIму гьечIеблъун, жиндаса загIипав гьалаг гьавизе гIищкъу цIикIкIараблъун.

Хирияв МухIаммад авараг БетIергьанас халкъалъухъе витIана гьезул тIабигIатал лъикIаб рахъалде гьетIизаризе, цоцада гурхIиялде ахIизе, ракьалда рекъел-маслигIат, цоцада гьоркьоб гьуинлъи ва рокьа-хинлъи цIуниялде халкъ бачине. Бичасул аварагас гьелъул хIакъалъулъ абуна: «Дун витIун вуго Аллагьас халкъалъул лъикIал тIабигIатал камил гьаризе», - ян.

ГIелмиял цIех-рехазул хIасилаздалъун Лос-Анжелесалъул UCLA абураб университеталъул гIелмиял хIалтIухъабаз чIезабуна лъикIаб тIабигIаб букIиналъ инсанасул гIумру халат гьабулеблъи. ЛъикIаб тIабигIат бараб буго инсанасул пикруялда, гьесул хьвадачIвадиялда. ПалхIасил, гIалимзабаз гьабураб хIалтIиги данде босун балагьидал, бихьана лъикIаб тIабигIаталъ инсанасул гIумру халатаблъун ва парахатаблъун лъугьинабулеблъи.

ХIАМИД МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...