Аслияб гьумералде

Норкадул шубаги ретIун как базе бегьулищ?

Норкадул шубаги ретIун как базе бегьулищ?

Норкадул шубаги ретIун как базе бегьулищ?

НоркагIадал, жидер гьан кваназе бегьуларел хIайваназул тӀомалъул гьабураб тӀагъур яги шуба ретӀун как базе имам ШафигӀил мазгьабалда рекъон бегьуларо.

 

Гьединаб, жиндир гьан кваналареб хIайваналъул ва гьан кваналеб бугониги, амма шаргIалда рекъон хъвечӀого жиб хвараб, гьезул рас имам Абу ХIанифал, Маликил ва АхIмадил мазгьабазда нажасаблъун рикIкIунаро, ай гьединаб шуба ретIун бараб как гьеб лъабабго мазгьабалда рекъон малъула. Гьединлъидал, норкагӀадинаб жоялъул тIомол гьабураб тIагъур яги шуба ретӀун рарал какал гьел мазгьабазде мугъчIвай гьабун рецIичIого тезе бегьула. Нагагь гьединаб тӀагъургун яги шубагун как базе ккани, гьел мазгьабазда нахърилълъун бала.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...