Аслияб гьумералде

Росдал байрам: умумузул нух – лъималазе дарс

Росдал байрам: умумузул нух – лъималазе дарс

Ниж ккола 1961 соналъ гьарурал, 1979 соналъ Хунзахъ районалъул ГIахьалчIи росдал школа лъугIарал, исана 2021 соналъ гIумруялъул 60 сон тIубалел классцоял.

Нижер хIукму ккун букIана, гьеб юбилейги гьоркьоб ккун, кIалбиччанкъоялдаги хурхинабунисана росулъ мажлис тIобитIизе. Гьеб хIукму дандбайдал, росдал имам НурмухIаммадов МухIаммад-хIажица гьелъие лъикIаб къимат кьуна, тIадеги жубана росуго ахIараб, баракатаб гIелмуялъул мажлисги, спортивиял къецалги тIоритIизе лъикIаб букIинин ва гьелъие кколел тадбирал гьаризе жидеца, росдал активистаз, тIадеги босилин абун. Гьедин росулъ тIобитIана кIудияб, баракатаб ва рохалилаб байрам.

Байбихьи лъуна гIелмуялъул мажлисалдаса.

Гьениб гIахьаллъи гьабуна районалъул имам Гьиматов МухIаммадрасул-хIажица, Хунзахъ росдал имам ГIабдулхаликъов МухIаммадхIажи ва ГIарани росдал имам МухIаммадов ХIадис-хIажи. Нижер хитIабалъе берцинаб жавабги гьабун, цере рахъарал хадусеб классалъул вакилзабазухъе кьуна баракатаб эстафета – берцинго къачIараб альбом.

Гьел вакилзабазул кIудияв ХIажиев АхIмад-хIажица, данделъиялъе лъикIаб къиматги кьун, абуна жидеца гьаб аманат къабул гьабулеб бугин. Гьеб альбом, ин ша Аллагь, букIине буго школалда цIунун щибаб соналъ юбиляраз гьединабго мажлисалда хадусезухъе эстафеталъун кьолеб хассаб гIаламатлъун.

Къалъудаса хадур байбихьана спортивиял къецал.

Къецал рукIана турникалда цIаялъул, гиря борхиялъул, чIор речIчIиялъул, рекериялъул ва квар цIаялъул. Бищунго интерес цIикIкIарал рукIанин абизе бегьула волейболалъул хIаял. ХIалуцарал къецазул хIасилалда 6 командаялда гьоркьоб тIоцебесеб бакI ва 5 азарго гъурущ щвана юбиляразул командаялъе.

Спортивияб залалда гIун бачIунеб гIелалъе ва умумузе кIвар цIикIкIараб кIалъай гьабуна Хунзахъ районалъул гIолилазул цевехъан Шамхалов Сайфуллагь-хIажицаги. Данделъиялъул девиз букIана: «Умумузул гIумрудул нух – лъималазе дарс» абураб.

Гьаниб бицинчIого гIоларо байрам тIадегIанаб даражаялда ине киналго тадбирал гIуцIарал росдал имам МухIаммад-хIажилги, росдал гIолилазул цевехъан МухIаммадов МухIаммад-хIажилги хутIарал гIолохъабазулги хIакъалъулъ. Гьез чIезарун рукIана медалалги, грамотабиги, гIарцулал сайгъаталги.

Гьединго спортивиял къецал тIоритIизе гьезие кIудияб кумек ва квербакъи гьабуна МухIаммадов ТIайгин-хIажица, Садикъов МухIаммадхIажица, МухIаммадов СагIидбег-хIажица, Ахсагов ХIажимухIаммадица ва цогидазги. Жидерго рахъалдасан гьеб киналъего квербакъи гьабураб росдал администрациялъеги, школалъул дирекциялъеги кIудияб баркала буго.

Росдал имам МухIаммад-хIажиги аслияв судья ТIайгин-хIажиги шапакъатал кьолел

Гьеб къоялъ тIобитIараб нижер классалъул юбилеялъулаб дандчIваялда гьуинаб тIагIамгун чай сокал гьекъолаго гьаруна лъикIа-лъикIал кIалъаял, бицана цIалулеб заманалда ккарал батIи-батIиял лъугьа-бахъиназул, гIумрудул нухазул, жидерго къисматалъул хIакъалъулъ.

Бищунго ниж рохараб жо ккана къисмат щивасул батIи-батIияб лъугьаниги, классцояз Аллагьасул нухги рехун течIого, гIаданлъи цIуни. Гьеб киналъухъго рецц Аллагьасе буго. Классцоязда гьоркьор ратана 40-ялдасаги цIикIкIун соналъ, ай школа лъугIаралдаса цоцада рихьичIелги.

Нижедаса ратIалъун ахираталъул рокъоре арал классцоязе, учительзабазе гIаммаб дугIаги гьабуна. Классцоял цIакъ разигого хутIана гьеб къоялъ гьабунщиналдаса, хасго жамагIаталъего пайда цIикIкIараб, баракатаб гIелмуялъул мажлис гьабиялъе ниж сабаблъун ккеялдаса.

Аллагьас къабул гьабун батаги. Бокьун буго гьеб байрамалъул хIакъалъулъ цо-цо хIурматиял росуцоязул пикраби загьир гьаризеги.

Классцоязул данделъи

ЧIор речIчIиялъулъ гIахьаллъи гьабурав, 84 сон барав ГIабас-хIажи:

«ГIолилазул спорталдеги, диналдеги бугеб рокьиги, жигарги бихьидал, нахъе-нахъеги гьадинал данделъаби гьари мустахIикъаблъун ва киназего пайда щолеб лъикIаб ишлъун бихьулеб буго. Аллагьас гьедин хъванги батаги...».

ЦIалдохъабазул бергьарал

МухIаммад-хIажи (полковник):

«ГIажаибаб, ракI рази гьабулеб асар гьабуна дие. Юбиляраз хадусезухъе кьураб эстафета дица рикӀкӀуна магӀна гъваридаб, кинавго чи гIумруялъул хӀисаб гьабизеги тӀамулеб, бачIунеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъеги, патриотлъи цIикIкIинабеялъеги квербакъулеб кIвар бугеб ишлъун. Хьул буго гьадин киназего интересги бугеб, баракатаб данделъи щибаб соналъ гьабулеб росдал лъикӀаб гIадатлъун лъугьинин».

Районалъул имам МухIаммадрасул-хIажи:

«Гьаб мажлис гIуцIун бугеб къагIида, цоцахъе кьолеб эстафета, ракIалде ккола, гIелазда гьоркьоб бухьен щулалъиялъеги, лъикIаб тарбия щвеялъеги, дин гьуинлъиялъеги сабаблъун ккелин ва дица районалъул цогидал жамагIатазе гьаб берцинаб мисаллъун бачине буго».

Росдал имам МухIаммад-хIажи:

«Цоцаде регIел гьечIеб гьаб заманаялъ гьел гъорлъ жураялъеги, гьоркьоблъи гьуинлъиялъеги, вацлъи щулалъиялъеги, росдал ва умумузул тарих лъазабизе гъира базабиялъеги гьадинал данделъаби сабаблъун ккела, ин ша Аллагь. Киналъулъго мисал бихьизабурал юбиляраздасаги Аллагь разилъаги».

Росдал гIолохъабазул кIудияв МухIаммад-хIажица шапакъатал кьуна

МухIаммаднур-хIажи:

«Къуръаналда буго нуж рукIайин Аллагьасукьа хIинкъулел, жидер лъикIаб гIамалги бугел гIадамалгун цадахъ абураб магIнаялъул аят. Гьелда рекъон хьвадарал битIараб нухде ккола. Гьездаса цогидазде баракатги бахуна. БачIунеб гIелалъги гIумруялъул дарсал цересезухъ балагьун росула.

Дида ккола, гьеб киналъулго кIварги бичIчIун батилин юбиляраз, умумузул лъикIал пишабаздаса мисалги босун, киназего пайда щвеялъул мурадалда, исана гьадинаб лъикIлъиялде, цолъиялде гIадамал рачунеб, ахIулеб баракатаб данделъиялъе ният гьабураб...».

Насрудинов ХIайбуллагь-хIажи:

«Баркала буго кIвар бугеб, магIна кIудияб эстафета нахъисеб классалъухъе кьезе ва гьебги хIалае ккун, хирияб гIелмуялъул мажлисги, спортивиял къецалги ва классцоязул данделъи гьабиялдеги кантIарал юбиляразе ва гьеб кинабго берцинго тIобитIизе хIаракат бахъарав росдал имам МухIаммад-хIажиеги, гьесда аскIор чIарал гIолохъабазеги, хутIарал кумекчагIазеги...».

Гьеб байрамалъ гьитIиналги кIудиялги тIамулел руго аралъулги букIинеселъулги пикру гьабизе, гIумруялъул магIнаялда тIад ургъизе ва гьелъул хIисаб гьабизе. Абизе бегьула шагьараздасаги, росабалъаги гIемерав чиги вачIун, киназего интересги цIикIкIараб гьединаб кIудияб данделъи росулъ Оцбаялъулги, Спартакиадаялъулги, Росдал къоялъулги байрамаздаса хадуб букIинчIилан. Хьулги буго, жеги рекъезабун, тIадежураялги гьарун, росдал къо хIисабалда, гьеб байрам жамагIаталъул лъикIаб гIадатлъун лъугьинин абураб.

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Инсанасул гIумру

ХIурматиял бусурбаби, гьал ахирал моцIазда жаниб Дагъистаналъул халкъ дандчIвана гIезегIанго цIикIкIарал тIабигIиял балагьазда. ГIемераб цIад баялъул хIасилалда Дагъистаналъул чанго батIиял бакIазда, ай гIодоблъиялда лъим рукъзабахъе бачIун лъикIаланго зарал ккана магIишаталъе. Гьединго мугIрузул...


ТоргIо хIан бергьана

МахӀачхъалаялъул «Труд» стадионалда тӀобитӀана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазда гьоркьоб регионазда гьоркьосеб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Турниралда гIахьаллъи гьабуна ичӀго командаялъ. ГӀурабго къеркьеялдаса хадуб Шамил районалъул командаялъе щвана тӀоцебесеб бакӀ ва...


Нужее баяналъе

Гьавураб мехалъ ГIиса аварагас щиб абураб? – Дун Дур (Аллагь) лагъ вугин. КIиго пихъалдалъун Аллагь ﷻ гьедун байбихьараб сура щиб? – Сура «ат-Тин». Щиб соналъ хIеж тIадаблъун гьабураб? – ИчIабилеб гьижрияб соналъ. Къуръаналда как чан нухалъ...


Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Ахирал соназда рос-лъади ратIа-лъиялъул вакъигIатал цIакъго гIемерлъулел руго. Хъизам биххиялъе бищунго гIемер рехсолеб гIиллалъунги ккола цоцазде бугеб рокьа-хинлъи дагьлъи, рос-лъадул гIумрудулаб гIамал-хасият чучлъи, лъикIаб-квешалъул тIалабго гьабунгутIи, къо хIехьезе бажарунгутIи, цогидазул...


ХIалалаб бетIербахъи

Щивав бусурбанчиясе хӀажатаб жо ккола хӀалалаб хайир ва хӀалалаб ризкъи тIалаб гьаби. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, гьал гIадамал! Нужеца гьаб дунялалда ругел нигIматаздасан кванай, гьел нигIматал руго нужее хIалалаллъун, нужер чурхдузе ва гIакълуялъе зарал...