Аслияб гьумералде

Къо-лъикI, 2021 сон!

Къо-лъикI, 2021 сон!

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел бусурбаби, магIарулал! Гьале бегана нилъеца гIумруялъул соназул цоги тIамач. Щивав чиясул жиндиего хасаб куцалда ана гьаб сонги. Цоязул цебетIеял ккана, цогиялин абуни щибго гьабизе регIичIого цого бакI мерхьунел хутIана. Амма кин ккун батаниги ана гьаб сон. КъолъикI гьабуна нилъергун гьелъ. ГIисинал чIахIалъана, чIахIиял херлъана. Араб соналъ рукIинчIел лъимал тIаде гьаруна. Гьебго соналъ чIаго рукIараз гьаб панаяб дунял тана.

Нилъеца бицараб къагIидаялда буго дунялалъул гIадатги гьеб бижаралдаса нахъе, гьедин букIинеги буго гьелъул заман тIубазегIан. Дунялалда рахIат босизеян гIемерав чияс хIалбихьана. Амма гьелъул бетIералде гIемерав чи вахинчIо, цо-цоязе дагьабго мехалъ щвана рахIат босизе, цогидал гьелде гIагарлъизегIанго хутIичIо. Гьелдаса щвараб рахIатги кьогIлъун хутIана цогидалги. Гьеб киналдасаго хIасил щибха ккараб?

БичIчIулеб буго дунял жиндаса кеп ва рахIат босулеб бакI гуреблъи. Гьеб жо нилъеда унго-унголъунги бичIчIани, гьабулеб гIамал саламатго хисизе буго щивасул. Амма киналго ресал ва магIишат кодобе щвараб заманалда щивав чиясул бадиб пардав лъугьуна. Щивав чи лъугьуна дунял гIуцIизе. Гьелдаса пайда босизе регIичIого, панаяб дунял тезеги ккола.

Нилъеца бицунелъул магIна кколаро, щибго квербагъариги гьабичIого, дунялалда вегун вукIайин абураб. Бицаралъул мурад буго жиндие хIажаталдаса цIикIкIун магIишат гьабиялъул гьечIеб хайиралъул. ЧIикIаса СагIид-афандияс дунялалъе бачунеб буго гьадинаб мисал: Гьаб дуниял буго, диналъул вацал, ДагIбадун бергьарас чIчIел босулеб бакI. КIалдиб мацI саяхъаз питнаги бекьун, Кьалде халкъ ахIулеб ургъалил донкIо.

Гьединаб бакI гьаб дунялги букIаго, нилъеца гьабулалда цIар лъезе лъалеб гьечIо. Киданиги хвезе гьечIелгIадин дунял хачалелги рукIаго, ахират кин нилъее щвелеб? ХIакъикъат гьединаб бугеб мехалда нилъеца щибха гьабизе рекъараб бугеб? ТIоцебесеб иргаялда, лъикIаб букIина гIибадат битIун гьабизе лъазе мажгиталде яги мадрасалде цIализе ани.

КаккIал, Къуръан цIали ва цогидалги чара гьечIел жал лъазарун хадуб лъикIаб букIина гIибадаталда тIад чIани ва кинабго эркенаб заман гьелда хвезабуни. ГIибадатги, хIакъикъияв устарасухъе ун, гьес малъухъе гьабуни пайда цIикIкIараб букIина. Дунялалъул цониги рахъалъул бетIералде гIадан-чи вахунаро живго жиндаго чIун хIалтIулев вугони.

Амма бокьараб гIелму-махщалил тIогьивеги вахуна гьеб малъулев чиясухъеги ун хIалтIани. Гьебго къагIида буго гIибадат гьабиялъулги. Живго жиндаго чIун гьабуралдаса жив тIовитIулев устарасул балагьиялда гъоркь гьабуралъул хIасилгун пайда гIемераб букIуна. Гьаб масъала бичIчIуларев чиги гIемер ватула. Аллагьас кантIи кьеги киназего лъикIаб гIамал гьабизе.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...