Авараг гьавураб моцI

ХIурматиял диналъул агьали, гьале тIаде щолеб буго жинда жаниб хирияв МухIаммад авараг гьавураб рабигIул аввал моцI. Гьелъул анцIила кIиабилеб сордо Лайлатул къадриялъулалдасаги хирияб бугин абулелги гIалимзаби руго. Щайгурелъул гьеб сордоялъ загьирлъана халкъалъе рахIматлъун витIарав, жиндие гIоло дунял-гIалам бижарав халкъалъулго сайид МухIаммад авараг .
Дагъистаналда цIакъ берцинаб гIадатлъун лъугьун буго рабигIул аввал кIодо гьабулеб. Гьелъул хIурматалда гIуцIула гIелмиял мажлисал, аварагасул гIумру лъаялда тIасан гьарула къецал, гьесул гIумру баян гьабулел назмаби ва туркаби цIалун гIуцIула мавлидал, гьениб жанибго гьабула садакъа. Гьеб кинабго гьабула хирияв МухIаммад аварагасул умматалдаса ратиялъухъ шукру гьабун, гьесдехун бугеб рокьи загьир гьабун. Гьединал тадбирал гьарулеллъун нилъеда ратана умумулги, гьезулго гIадат цIунун, гьезда нахърилъун гьабулеб буго киназго.
Гьел киналго тадбираздаса нилъее къваригIараб жоги буго гIицIго гьесул гIумру лъай ва гьелда нахърилъине хIаракат бахъи. Камуларо цо-цоял, гьеб иш паризаяб гурин, гIицIго суннатаб бугин абулелги. Гьайгьай гьезда суннат щиб жо кколебали бичIчIунгутIиялъул хIасил букIинарищха гьеб. Гьабулебщинаб гIамал-хасияталъулъ, рега-рахъиналъулъ ва цогидабги гIумруялда жанир рукIунелщинал ишазулъ нилъее мисал ва цевехъан вуго хирияв МухIаммад авараг.
Гьабулебщинаб ишалъулъ гьесул хирияб суннаталдаса мисал босарабгIан къадаралъ инсан дунял-ахираталъул талихIкъосиналъул тIинде вортиялдасаги цIунула, дунял-ахираталъул талихIазул тIогьивеги вахуна. Хирияс щиб абун батаниги, гьабун батаниги, «Гьаб щай, кин?» абурал суалалги кьечIого, гьеб гьабизе хIаракат бахъизе ккола. Цо хIикмат, маслихIат, пайда гьечIеб жо гьесул суннатазулъ букIунаро.
Гьесул суннатазул хIикматазул цо-цоял нилъеда ричIчIулелги рукIуна, нилъеда ричIчIуларел, гIалимзабазда ричIчIулелги рукIуна, гIалимзабазда ричIчIуларел, гIарифуназда ричIчIулелги рукIуна, живго хирияв Аварагасда гурони ричIчIуларелги рукIуна. БичIчIабичIчIуге, нилъеда тIадаб буго гьесул суннат тIубалеллъун рукIине. Гьедин нилъеде амру гьабулеб буго ТIадегIанав Аллагьас. Хирияб Къуръаналда буго (магIна):
«Нужехъе МухIаммад аварагас бачIараб жо нужеца ккве! Нужее гьес гьукъараб жоги нужеца те, гьелдаса рикIкIалъе», - абун («ХIашр», аят 7).

Гьединлъидал кинабго гьесдаса бачIараб нилъеца къабул гьабизе ва кквезе ккола. Щай абуни, гьес жиндирго напсанияб мурадалъе гIоло, гьава-напсалда нахъги вилълъун, нилъеда киданиги, щибниги малъуларо. Хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна):
«Гьев кIалъаларо жиндир гьава-напсалъе бокьа-бокьараб жоги бицун, гьев кIалъалевги гьечIо, Аллагьасдаса ВахIюги рещтIун, гьелда рекъон гурого», - ян. («Нажм», аят 3-4).
Гьединлъидал хирияв Аварагасул суннаталда рекъон хьвадиялъулъ буго живго-жиндаго чIун гIумру тIамулев чиясеги, рукъалъул агьлуялъеги, гIаммаб халкъалъеги ритIухълъиги, цолъиги, талихIги. Хирияв Аварагасул тIолабго гIумру ккола бищунго тIадегIанаб мисаллъун. Жиндир сверухълъи-гьудуллъиялда жаниб битIараб нух ккун хьвадизе бокьарав гIолохъанчиясулги; бугебщинаб къуватги ресги тIаде рехун, Аварагасул рисалат халкъалъухъе щвезабулев, берцинал вагIзабаздалъунги хIикматаб каламалдалъунги Аллагьасул нухде халкъ ахIулев камилав инсанасулги; рагIа-ракьанде щун бергьараб гьунаралдалъун халкъалъе нухмалъи гьабулев хIукуматалъул бетIерасулги; берцинго чIужугун хьвадизе лъалев мисалияв росасулги; лъималазда ракI гурхIарав инсулги; рагъда гьунар тIокIав, лебалав бодул цевехъанасулги; хIалбихьи бугев, ритIухъав халкъалъул хIаракатчиясулги; Аллагьасулги гIадамазулги кколесе кколеб хIакъги кьун, Халикъасул ва халкъалъул налъи ракIбацIцIадго борхизе хIаракат бахъулев камилав бусурманчиясулги гIумру бихьизабулеб мисаллъун букIана хирияв Аварагасул сипатги тIолабго гIумруги.
Нилъее Аллагь вокьиялъеги Аллагьасе нилъ рокьиялъеги ТIадегIанав Аллагьас Аварагасдаса мисал боси гIаламатлъун гьабуна. Хирияб Къуръаналда буго (магIна):
«Дуца абе: «Нуж Аллагь вокьулеллъун ратани, дида нахърилълъа. Аллагьасе нужги рокьизе руго, Гьес нужер мунагьалги чуризе руго», - абун» («Ал-ГIимран», аят 31).
Ибну Касирица абуна гьаб хирияб аяталъ чIванкъотIараб хIукму гьабулеб бугин жиндие Аллагь вокьулиланги гаргадулев, МухIаммад аварагасул нухги кколарев чи гьерсихъан вукIиналъе. Авараг вокьулев вугони гьесул нух кквезе хIаракат бахъула. Амма гIицIго кIалалъ вокьулин абиялъ хIасил дагьаб кьолеблъи лъиего балъгояб амру гуро. ХIисаб гьабе гьаб хирияб аяталъул (магIна):
«Дуца абе, нуж мутIигIлъе Аллагьасеги Гьесул Расул МухIаммад аварагасеги » («Ал-ГIимран», аят 32). Хадубги гьаб аяталъулги хIисаб гьабе (магIна): «Щив чи ватаниги Аллагьасеги Гьесул Расуласеги мутIигIлъун, Аллагьас гьев алжаналъул ахазда жаниве лъугьинавула, жидеда жанисан гIорал чвахулел».
Гьаб хадуб рехсараб аяталъги Аварагасе мутIигIлъиги ТIадегIанав Аллагьасе мутIигIлъиги цого жо бугеблъи рагьун загьир гьабулеб буго. ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна):
«Щив чи вугониги жив Расуласе мутIигIлъун, гьев вуго, хIакълъунго, Аллагьасеги мутIигIлъарав чи», - ян («Нисаъ», аят 80). Гьелъие гIоло хирияв Аварагас жинцагоги абуна: «Щив чи вугониги дие мутIигIлъун, гьев Аллагьасеги мутIигIлъана ва, щив чи вугониги диде гIасилъун, гьев чи Аллагьасдехунги гIасилъана», - ян (Муслим).
Щивав чияс щибаб къойил хIаракат бахъизе ккола цебе жинца гьабулеб букIараб суннат рехун течIого букIине. Гьелда къокълъун чIечIого жеги тIаде-тIадеги суннатал гьарулев вукIине. Гьединаб къагIидаялда щивав чи жиндаго тIадчIолев гьечIони, гьесул диналъулъ иман цIикIкIиналъул бакIалда мукъсанлъи гIемерлъизе рес буго. Гьебги инсанасе кIудияб ками буго. Бичасул Аварагасул суннат кквеялда тIасан живго Аварагас абулеб буго:
«Нужеца дир суннаталдаги ритIухъал хулафаазул суннаталдаги тIадчIей гьабе, нужеца гьеб суннат цабзаца къахIан ккве», - ян.
Гьединаб къагIидаялда суннат кквезе ккани чара гьечIого Аварагасул гIумру лъазе ккола. Лъалареб жо гьабизе лъихъаго бажаруларо. Гьединлъидал соналда жаниб гьаб моцIалъгIаги Бичасул Аварагасул гIумру лъазабизе хIаракат бахъизе ккела щивав чияс.
Аллагьас тавпикъ кьеги киназего! Амин!
ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ