Аслияб гьумералде

Гъваридаб лъай

Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицунги букIана.

 

Лъай цIикIкIараб жамгIият кидаго рикIкIуна цебетIураблъун. Лъай гьечIел гIадамал ккола бецIаб сардилъ щибго канлъи гьечIеб рокъоре руссунеллъун. Гьезул кигIанасеб къадаралда лъай цIикIкIаниги, гьебго къадаралъ цIикIкIуна гьезул рокъобе баккулеб кунчIигун нурги.

КинабгIаги лъай гьечIеб жамгIият гуккизе рес букIуна цо щибго гуреб пикру ккурал гIадамаз. Лъаялдалъун борцуна инсанасул жамгIияталда гьоркьоб бугеб даражаги. Щибго лъай гьечIесда гIабдалинги абула. Амма лъай цIикIкIарасда гIакъилин гурони абуларо.

Рецц Аллагьасе, кинабниги лъай цебетIезабизе улкаялда кутакалда гIатIидал ресал руго. ХIукуматалъ чIобого цIализарулел руго гьелде гъира бугелщинал гIолилал. Амма цо гIузру буго. Гьеб щибин абуни, нилъерго жигар гьечIолъи. Хасго гьаб заманалда кинабго жо телефоналдасаги босун парахатго чIезе хиял гьабулеб буго гIолохъабаз. Кинаб масъала бакканиги интернеталдеги раккун, гьениса жаваб балагьулеб буго. Гьелда иманги лъолеб буго. Интернеталъги мекъаб баян кьезе рес букIин гIадалъего биччалеб гьечIо.

ХIатта чанги гIолилаз загьирго абула гьебгощинаб заманги, гъинги, сурсаталги хвезарун щайила цIализе кколел, жидее бокьараб баян интернеталдасан балагьизе ресги букIаго. Гьеб калам битIараб букIине рес бугеб гIадаб бугониги, тIекъабин абизе ккола. Щайгурелъул интеренетги, цогидал электрониял сурсатал руго кутакалда загIипал жал. Масала, батарейка лъугIани, ток свани, интернет ани, квер бекарал гIадин хутIула. Амма инсанасул ботIролъ бугеб лъайги, кверда бугеб махщелги сунцаго хвезабизе рес гьечIо.

Бусурбабазул гIелмуялъул тарих цIакъ бечедаб буго. Жеги Европаялде цебетIей бачIиналде бусурбабазул улкабазда гIумрудул киналго рахъал церетIун рукIана. Алгебра, геометрия, астрономия, тохтурлъи ва цогидалги гIелмабазе аслияб кьучI тIамураллъун ккола бусурбаби.

Гьединлъидал, кIудияб гьари буго гIолохъабазде, кинаб рахъалъул цIали батаниги, гъваридго, тIадчIун лъазабе, гIадада заман биччаге. ГьитIинго цIалараб жо ганчIида бикIараб накъищ гIадаб жо букIуна. Ригь араб мехалда лъазабураб загIипабго букIине рес буго. Гьединго, гьари буго интернеталъул сурсатаз гуккизе чIогейин абурабги. Нилъеца тIалаб гьабизе ккола интернеталдаса цIалулеллъун гурел, цогидазеги гьениб информация лъолеллъун рукIин. Аллагьас кумек гьабеги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...