Аслияб гьумералде

Сонал унел руго…

Сонал унел руго…

Нилъерго гIумруялъул чвахиялъ машгъуллъун ругел гIадамал, ай нилъ киналго цоги сундениги кантIулел гьечIо. Базарганасул мурад буго жиндирго даран цебетIезаби. Гьединго цогидал махщалил гIадамалги рукIинарищха. Гьелде тIадеги, нилъее гIезегIанго заман батула гъибат-бугьтаналъеги, цоцазда чIухIи гьабиялъеги, ай кинабниги какарабщинаб жо сундаго цадахъ гьабун бажарула.

Гьединаб хIалуцараб хIалалда ругел нилъеда халлъуларо заман бекерулеб букIин, нилъго херлъулел, бихьизабураб заман лъугIарал холел рукIин. Чангияс абула матIуялъухъ валагьидал живго жиндаго лъангутIизе вахъанин абун. Гьелъул магIна щибха кколеб? Цебе рукIинчIел хъахIал расал, гьурмада сукIалаби гIемерлъун рихьун. Гьелдаса щибха бичIчIизе бегьулеб? Дидани ккола гьелъул магIна бугин бекерулеб заманалда нилъгоцин, ай пикруцин хадуб гъолеб гьечIин абураб. Щайгурелъул гьев чиясда жиндаго щибго лъачIого живго хисун ватулев вуго, амма заман гIезегIан ун букIиналъе мукIурлъизе бокьулебго гьечIо.

Гьалеха гьедин бекерун ана гьаб 2020 сонги. Гьеб берцинаб тарихалъул сон нилъер ана пашманлъиялда. ТIибитIана ва жеги тIибитIулебги буго жинда хадур тохтурзаби жеги гъезе кIвечIеб унти. Гьелъул къурбаналлъун ккана нилъер гIага-божарал, гьудул-гьалмагъзаби ва рукъалъул агьлу. Гьебго хIал къойидаса къойиде гьабсагIатги хIалуцунебги буго. Гьелдаса цIунизе тадбирал гьарейин ахIи балел тохтурзабиги руго. Гьезухъ гIемерго гIинтIамизе бокьичIеб халкъги буго.

Нилъеда унго-унголъунги бичIчIизе ккараб жо цо буго. Гьебги ккола гьаб дунялалда нилъ гьалбал ва туристал рукIин лъай. Телефоназда сверулеб бихьун букIана гьелъие цо цIакъ лъикIаб мисалги. Дунялалда вугев чиясул мисал релълъинабулеб бугоан цо пуланаб бакIалде сапаралъ арав, гьениб цо лъикIаб гостиницаялда чанго сордоги барав чиясда.

КигIан цIакъаб гьеб гостиница батаниги, гьав чиясе гьелъул кинабгIаги хайир бугищ? Щайгурелъул кида-къадги къокъаб заманалда жаниб гьес тезе кколелъул гостиница. Гьеле нилъерги дунялалда рукIиналъул мисал. АхIмакъин, гIабдалин абиларищ гостиница къачIазе лъугьарав гьоболасда. Гьебго жоялъе мустахIикъал руго нилъги гьаб панаяб дунял къачIалел ругел.

Гьаб макъалаялъул авалалда нилъеца абуна кинаб хIалтIи чияс гьабулеб бугониги, гьелда цадахъ гьес заман батулин кинабго квешлъи гьабизегиян. Жеги рихьанищ нужеда квешлъи гьабизе заман гIечIого, гьеб таралин абурал гIадамал. Балагье, бокьараб хIалтIи гьабулел гIадамаз кодоса биччалареб телефоналде. Хабар цIехезе гурони цоги жоялъе кодоб кколаро гьеб.

РачIаха цо нилъго нилъецаго кантIизарилин. Нилъеца кутакалда ургъел ккун абула хъизан хьихьулел рукIун гIибадат гьабизе заманго хутIулеб гьечIин, батIалъи щибин гьебги лъикIаб гIамал кколелъулин абун. Цо дагьал ургъани, нилъедаго бичIчIула ва мухIканлъула гьеб иш гьелъул гIаксалда букIин. Нилъее бокьани заманги кигIанги нилъеда батизабизе кIолеблъи.

Цоги буго гьадинаб ишги нилъер пикруялда жаниб. Масала, хIалтIулел ругони, хасго цIикIкIун хIалтIанагIан хайирги гIемер щолеб бугони, щаялиго нилъеда хIухьбахъи гьаби кIочонго тола, макьу тIагIуна, свак халлъуларо, хвара-гIурасул ургъел дагьаб букIуна. Амма гIибадат гьабизе, масала, мажгиталде хьвадизе ккани, радакь тIаде вахъун тагьажудал разе яги Къуръан цIализе, зикру бачине ккани гьелъие къваригIуна регIелги, эркенлъиги, свак гьечIолъиги ва цогидабги. Гьаб бакIалда нилъго нилъецаго гуккулелцин гуродай ругел. Гьединги гьечIони нилъер унго-унгояб божийищха гьечIеб ахираталде ва гьенир щолел даражабазде? Гьалдасаги хадуб дица суал кьеларо, кьуни лъикIаб гьечIеб бакIалде ккезе рес буго. Аллагьас цIунаги нилъ гьелдаса.

Гьаб кинабго жо бициналдаса дир бугеб мурад буго нилъерго гьабулеб ишалъул, унеб бугеб гIумруялъул, нилъехъа борчIулеб бугебщинаб лъикIлъиялъул, гьаричIого тезе рекъарал мунагьазул хIакъалъулъ щивав чияс жиндиего хIисаб гьабизе ккей ракIалде щвезаби.

Заман ун хадуб гIункIрукьал хIанчIизе щваниги араб мех тIад буссунарелъул. РачIа нилъеца гьанжего гьабилин нилъерго гIумруялъул тадбир. БачIинахъего лълъар кквечIони, лъутун унаго рачIчI кквезе щоларин гурищ умумузул аби бугеб. Гьединлъидал, бусурбаби, рачIа нилъерго заманалъул къиматги лъан лъикIабщинаб гIамал гьабиялда гьеб тIамизе хIаракат гьабилин.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...