Аслияб гьумералде

Лъимал – бищун къиматал жавгьарал

Лъимал – бищун къиматал жавгьарал

Инсанасул бищун кIудияб бечелъи ва хазина ккола лъимал. Гьезул гIумру талихIаблъун гьабизе, гьел рохизаризе рукIине инсан сундаго барахщуларо, хIатта жиндирго сахлъиялда, боцIи-магIишаталда ва чорхол къуваталда. БетIергьанас эбел-инсуда жаниб лъун буго жиндирго лъимадехун гIорхъолъа араб рокьи. Гьелъул хIасилалда жиндирго наслу инсанасе кутакалда бокьула, берцин бихьула ва жиндирго жигаралъул хIасилгIадин ракIалдаги букIуна.

Гьаб кинабго жо, кин нилъеца бицаниги, буго инсанасул тIабигIат. Гьелъие бугеб хIикматги ккола дунялалда гIумру букIинаби. Гьединаб рокьи умумузулъ букIун гуребани дунялалда наслу цIуни захIматаб иш букIана. Балагье, кигIан гIемераб къо ва захIмат бихьулеб лъимал гIезарулаго, гьеб кинабго иш захIмат баччилъун гуреб, гьелъул гIаксалда, рекIелгъей ва чорхое гьелдаса щолеб лазатлъун бихьулеб нилъеда.

ГьедигIан хириял лъимал гIемер рокьиялъ гIадада хвезарулелги камулел гьечIо. Кинин абуни, гьезие анищан кканщинаб жо гьабун. Гьез килищ битIараб босун ва жидехъего ихтияр кьун.

Лъиего балъгояб жо гуро инсан жиндир вижудасаго гIун вачIуна квешаб рахъалде, рахIатазде, чIухIиялде, жиндихъ цогидал гIенеккизе бокьиялде, кинабго жо жиндие мутIигIлъизе кутакаб гъирагун цадахъ. Эбел-инсул налъиги ккола гьел киналго рахъаздасан хвасар гьари.

Гьеб масъала рукIалиде бачине ккани, лъималазе тарбия кьеялъул захIматаб нухдасан ине ккола. Гьеб захIмат умумуз лъимал гьитIинго рукIаго баччичIони, гьел гIун хадуб кватIун ккун батула.

Тарбия кьей

Гьанже гIадаб, ай лъималазе тарбия кьезе бигьаяб мех киданиги букIун батиларо. Исламияб лъай къваригIани - кирго рагьарал мадрасаби. Черх куцазе бокьани - санагIатал спортзалал, спортивиял школал. Лъай босизе - лъикIаздаса лъикIал цIалул идараби. Нилъее щибха хутIулеб? Нилъерго лъимал гьединал бакIазде хьвадизаризе ва гьезда хадур чIезе.

Амма нилъее къваригIун буго мугIалимзабазул гъиналдалъун нилъерго лъималазе лъикIаб лъай щвезе. Гьединго мадрасалдецин хьвадизаричIого гIалимзабиги гьезул рахъине. Цо-кIиго нухалъ спортзаладеги риччан, чемпионал рахъине. Гьединаб нигIмат бигьаго нилъее щоларо.

Гьединал ресал БетIергьанас кьунги рукIаго, пайда босизе ккеларищ? МугIалимзабазул гIарзал рукIуна эбел-инсуца жидерго лъималазул милатцин гьабуларин абун. Гьединабго хIал буго мадрасалдаги. Мадрасалде жидер лъимер бачIунеб бугищ яги гьечIищали цIех-рехго гьабуларо. Цинги цо чанго сон индал мадрасалъул нухмалъулезде гIайиб гьабула щибго жо малъун гьечIинги абун.

ТIадчIей гьаби

Тарбия кьеялъул бищунго кIудияб бутIа ккола лъималазул гьалмагълъиялъул хьвадачIвади. Гьединлъидал лъазаризе ккола лъималазул гьудулзаби щалали.

Умумузул бищунго кIудияб тохлъи буго эркенаб заманалда лъимал кир, лъида цадахъ, сунде руссун ругелали хал гьабунгутIи. ГIемерисел умумул лъималазде регIулелго гьечIо, хIатта гьезулгун хабар бицине аскIор гIодор чIолелго гьечIо.

Телефоназул гьужум

Кинавго чи унтун вуго телефоназул унтуца. Киве унев вугониги цадахъ букIуна гьеб алат. ЧIахIияздаса мисал босула гIисиназги. Хасго чIахIияз кIуди-кIудиял телефонал росун кьола гIиссинал лъималазухъе. Пикру гьабуларо гьелъул ккезе бугеб заралалъул.

Социалиял гьиназда бихьанщинаб такрар гьабизе лъимер лъугьиндал, огь бухIаябиланги абун, бетIер кквеялъул хIасилги букIунаро. Гьединлъидал эбел-инсул бербалагьи букIине ккола тIаса босичIого.

Нилъее бокьула лъикIлъи гьабизе. Гьелдаго цадахъ лъималазе тарбия кьеялъул кIварго букIунаро. Бичасул аварагас хирияб хIадисалда абун буго: «Дурго лъимада адаб малъи, тарбия кьей хирияб буго щибаб къойил мискинзабазе бащдаб сахI садакъаде кьеялдасаги», - ян. Аллагьас кумек гьабеги наслу битIараб нухде тIобитIизе! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...