Аслияб гьумералде

Балагьаздалъун хIалбихьи

Балагьаздалъун хIалбихьи

ХIурматиял бусурбаби, гьаб гIагараб заманалда нилъер Дагъистаналъул бакI-бакIазде бачIана ракIалдаго букIинчIеб къварилъи. Гьелъие сабабалъунги ккана бараб чваххунцIад. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялда, Хасавюрт районалъул росабалъ ва цогидал бакIазда лъим рукъзабахъе кIанцIиялдалъун ккана гIезегIанго кIудияб зарал.

 

Къварилъи ккарал гIадамазда гьоркьор руго рукъзабахъе жанибе лъим кIанцIун кинабго къайи-цIа ва техника хвезабуралги. Гьединго руго рагьда лъун рукIарал машинаби иххица росун аралги. Чанго росу буго лъелъ тIерхьун. Гьезие ккараб зарал жеги цIикIкIараб буго. Метралдасаги цIикIкIараб къадаралъ лъимги бачIун, гьезул минаби, боцIи-панз ва буголъи лъеде гъоркье ккун буго.

Нилъеца гьелъие кинаб гIилла-сабаб бачаниги, гьеб буго гIицIго БетIергьан Аллагьасул иш. Гьес нилъеда гьоркьо-гьоркьоб ракIалде щвезабула Жиндирго хIалкIолъи. Нилъ кидаго гъапулал гIадамаллъидал кколел, кIочона нилъеда Аллагьасул гуч. Гьаб дунял питнагун къварилъиялъул бакI бугин абун бугелъул, Аллагьасул рахIматалдаса нилъер хьул буссинаро, иншааллагь.

Кин бугониги тIаде бачIараб къварилъи ккола нилъее киназего бугеб вагIзалъун. Нилъеда бихьана рикIкIарал чанго минутазда жаниб бугебщинаб буголъиялъе лъугьине рес бугеб жо. ГьабсагIат букIараб рукъгун берцинаб яшав цо лахIзаталда жаниб тIагIине рес букIин бихьизабуна БетIергьанас. Гьединлъидал, цоги сундениги хьул нилъер гьечIо ва букIинеги бегьуларо цохIо Аллагьасде гурони. Гьеб захIмалъи нилъеда гьоркьор ругел цоцоязда гурони хъатIун батичIониги, гьеб ккола киназего бугеб цIумургIадаб жо, кантIейин, гъапулъиялдаса рорчIайин абураб. Гьединабго пайда гьечIеб жо ккола нилъер гIумруги. Цо пара-сагIаталъ партIан рахъун рухI босун унеб. МагIишаталда хурхараб захIмалъи бачIани, нилъ зигардула тIубараб гIумруялъ данде гьабураб магIишат чанго минуталда жаниб тIагIун анин абун. БатIалъи щиб, гьединабго загIипаб жо ккола нилъер гIумруги.

Гьаб цебе бицаралдаса нилъеда щибха бичIчIизе кколеб? Бихьарабщинаб жоялдаса нилъ кантIизе ккола Аллагьасде руссине, Гьесие тIагIат-гIибадат цIикIкIинабиялде. Дунялалъул рахIатал цIикIкIиналъ кIочонеб буго кинабго, нилъго ханзабиян кколеб буго. Гьелдаса кIудияб балагь инсанияталде тIадеги бачIинчIо. ХIатта гьеб тIаде бачIараб къварилъиялда жаниб буго Аллагьасул рахIматги.

 

Халкъалъ гьабураб кумек

Ккараб къварилъиялда жаниб Дагъистаналъул халкъалъ лъазабуна жидер цогидаздехун бугеб рахIмуяб бербалагьи. Абизе бегьула, цониги чи хутIун ватиларин гьеб захIматаб хIалалде ккаразе кумек гьабичIев. Цояз гIарцудалъун, цогидаз - квераздалъун. Халкъ къаси-къад кьижичIого хIалтIулеб букIанин абизе бегьула гьал къояз. Рукъзал лъеца ккуразул аслиял масъалаби рукIана сордо базе бакI, квен-тIех, тIад ретIине ретIел. ХIукуматалъул идарабаз бихьизабуна чанго адрес сордо базе ине рес бугеб. Гьединго гIемерал гIадамаз лъазабуна жидер бакIазде рачIайин сордо базеян. Хадусеб къоялъ, гIолохъаби цадахъ рахъун, хIалтIана рукъзабахъа лъим къватIибе кьабизе, къайи-матахI баччизе, хIатIудаса рукъзал рацIцIад гьаризе. 

Дагъистан тун къватIир ругел гIадамалги чIечIо квералги тIатIала лъун. Мадугьалихъ ругел республикабаз, чачаназгун ингушаз, кабардиязгун балкараз, ставрополалъулаз ва астраханалъулаз гьабуна бергьун кIудияб кумек. «Инсан» фондалъ лъазабураб кумекалъе жаваб гьабун, бажарас бажараб къадар гIарцул рехичIев чи цониги хутIун ватиларо Дагъистаналда.

Киналго блогерал, артистал, журналистал, цIалул идарабазул вакилзабигун студентал рахъана къварилъиялде ккаразе кумекалъе.

Гьадинал захIматал къояз лъала халкъалъул цолъигун гъунки. Щулияб рекъел цоцалъ букIин бихьизабуна дагъистанияз. Гьеб буго тIубараб дунялалъего бугеб мисаллъун.

Аллагьас цIунаги балъгоял балагьаздаса.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...