Аслияб гьумералде

Балагьал нахъчIваялъе

Балагьал нахъчIваялъе

ХIурматиял бусурбаби, Турциялдагун Сириялда ккараб ракьбагъариялъул хIакъалъулъ рагIичIев ва гьелъ ракI лъукъичIев чи ватиларин абизе бегьула нилъеда гьоркьов. Гьаб макъалаялда нилъеца бицен гьабила гIадамазде тIаде балагьал рачIиналъе ругел сабабазул ва гьелдаса хвасарлъизе ккани щиб гьабизе кколебали.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго рахIматалдалъун щивав инсанасе кьуна гIумруги, боцIиги, агьлу-лъималги ва амруги гьабуна нигIматал тIаде рачIиндал щукру, балагьал риччайдал сабру гьабейин.

ГIакъилав чи ккола, жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Аллагьасда ﷻ гьарулев ва кинаб букIаниги балагь-къварилъи бачIараб мехалъ, гьелда сабруги гьабун, мунагьал чуреян, кирилъун хъваян Аллагьасде ﷻ хIели балев.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Дица нужер хIалбихьизе буго тушманасдаса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч тIаде биччаялдалъун, боцIи нахъе босиялдалъун, батIи-батIиял унтаби, хвелал риччаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магIишат мукъсан гьабиялдалъун. Гьел балагьазде сабру гьабурав чиясе кIудияб рохел буго Аллагьасда аскIоб», - ан.

 Цогидаб аяталда буго (магIна): «Нужеде щвараб балагь-къварилъи нужецаго гьарурал мунагьаздалъун буго», - ян. Ибну ГIаббасидасан бицана, гьаб рехсараб аят рещтIараб мехалъ, свалат-салам лъеяв аварагас абунила: «Дир напс жинда кодоб бугев АллагьасхIаги, цо бакI хъарсарабгIан ялъуни хIетIе хъущтIарабгIан, къаркъала сорорабгIан къадаралдацин балагь-къварилъи бачIунаро мунагьалдалъун гурони, ай гьеб мунагь чуризелъун гурони», - абун. Гьаб аятги буго бищунго нилъ рохизе ккарал аятаздасан.

ГIали-асхIабас гьаб аяталъул хIакъалъулъ бицун буго, жинда Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ абунин: «Я ГIали! Нужеде бачIунеб балагь-къварилъи, унта-щокълъи, цогидаб гIакъуба-къварилъи, нужедасан ккарал мунагьаздалъун буго. ТIадегIанав Аллагьас дунялалдаго гIакъуба-балагьалдалъун чурараб мунагьалъухъ ахираталда гIазаб гьабуларо», - ян.

 МухIаммад бин Муслим абурав асхIабас бицараб хIадисалда буго: «Цо пуланав чи аварагасухъеги вачIун зигардана, дир боцIиги лъугIанин, лага-черхги унтанин абун. Цинги, хирияв аварагас ﷺ гьесда абуна: «Къаркъалаги унтуларев, боцIиги дагьлъуларев лагъасулъ лъикIлъи гьечIо. ТIадегIанав Аллагьасе лагъ вокьараб мехалъ, БетIергьанас гьев балагь-къварилъиялде ккезавун, гьесул хIалбихьула ва сабру гьабизе тIамула», - ян.

Нилъ кантIизе ва квешлъиялдаса руссине гIоло тIаде биччараб балагьалъе дару буго гIицIго кантIи ва тавбу гьаби. Гьедин букIин нилъеда бичIчIула гьадинаб магIнаялда бачIараб Къуръаналъул аяталдасанги: «ХIакълъунго, Аллагьас цо къавмалда тIад бугеб жо хисизабуларо, гьез жидерго нафсалъулъ бугеб хисизабизегIан», ай гьез жидерго хьвади хисизабизегIан. Гьанже рехселин нилъеде бачIараб балагь тIаса босиялъе хIалтIизаричIого рес гьечIел дараби ва сабабал. Нилъеда ццимги бахъун, Аллагьас тIаде тIамураб амру гьаб батани, гьелъие сабаб буго гьал хадур рехсарал дараби хIалтIизари.

ТIоцебесеб. Киназго тавбу гьабизе ккела чIахIиял мунагьаздаса. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас рехсон буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Нужеца нужерго БетIергьанасда тIаса лъугьаянги гьаре, мунагьал чуриги тIалаб гьабе, Гьев цIакъ мунагьал чурулев вуго, нужеца гьедин гьабуни, Аллагьас нужее гьарзаго цIад базе буго». Гьаб хирияб аяталдасанги бичIчIулеб буго тавбу гьаби Аллагьасул рахIматал рещтIинариялъул сабабаздаса букIин.

КIиабизе. Киназго хириял гIужазулъ, ракI бекун, хIелун, мунагьаздаги мукIурлъун, ТIадегIанав Аллагьасда гьаризе ккола гьаб балагь тIаса босеян ва тIаде биччагеян. ХIадисалда буго, дугIа - муъминчиясул ярагъ кколин. КигIан гIемер гьараниги, чIалгIинеги бегьиларо. Щайин абуни, хIарамаб жоялдалъун дугIа гьабичIебгIан заманалда, нужер цоясе жаваб кьолилан хIадис бугелъул. Амма кин жаваб кьезе бугеб, гьарараб сагIаталъищ яги дагьабги лъикIаб хадубищ кьезе бугеб ялъуни дагьабги кIудияб балагьищ нахъчIвазе бугебали, ТIадегIанав Аллагьасда лъала, нилъеда лъалеб жо буго дугIа гIадада кколареблъи. ТIокIаб жо гьечIониги, дугIа гьабиялъул кири щунги, дугIа гIодобе бортуларо.

Лъабабизе. Балагьал нахъ-чIваялъул мурадалда, садакъаби кьезе ккола мискинзабазе, загIипал гIадамазе, мажгит-мадрасаялъе. ХIадисалда буго: «Нуже-нужеего Аллагьасул ццималдаса цIуни тIалаб гьабе, бащдаб чамасдак садакъаде кьунги», - абун.

Ункъабилеб. Свалат-салам лъеяв аварагасде свалат гIемер битIизе ккола. Убайю бину КагIбица свалат-салам лъеяв аварагасда абидал дица дуде кидаго свалат битIизе бугилан, Аварагас ﷻ гьесда абунила гьеб мехалъ Аллагьас ﷻ дуда тIаса ургъелги босулин, балагьалги рорхулин абун.

Щуабизе. Цоцаздаса тIурал, барщарал гIагарал чагIи ругони, цоцазда тIасаги лъугьун, бухьен щула гьаби буго. ХIадисалда буго: «Щив чи вугониги жиндие бокьун ризкъиги гIатIилъизе гIумруги халалъизе, гьес гIагарлъиялъулгун лъикIаб бухьен гьабе», - ян.

Анлъабилеб. Зина гьабиялдасаги риба кванаялдасаги рикIкIалъизе ккола. ХIакимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго, свалат-салам лъеяв аварагас ﷻ абунила: «Цо росулъ зинаги риба кванайги загьирлъараб гIужалда, хIакълъунго, гьез жидедаго тIаде гIазаб рещтIинабула», - ян. БатIалъи гьечIо, росулъго гIадин шагьаралдаги улкаялдаги зинаги рибаги загьирлъараб мехалда, гьенибеги рещтIуна Аллагьасул гIазаб.

Анкьабизе. ГIаракъи бичиялдасаги гьеб гьекъеялдасаги тавбу гьабизе ккела. Гьединал чагIазде Аллагьасул нагIана рещтIунилан хIадис буго. Цоги хIадисалда буго: «Дир умматалъ анцIила щуго пиша гьабураб мехалъ, балагь рещтIуна», - ян. Гьезда гьоркьоб рехсон буго умматалъ гIемераб гIаракъи гьекъараб мехалъ балагь рещтIунилан.

Микьабизе. Эбел-эмен къварид гьарурал лъималаз хIаракат бахъизе ккела гьел рази гьаризе. Эбел-эмен къварид гьарулел гIадамазе, ахираталда букIунеб гIазаб малъичIого, дунялалъул рокъобго гьезде тIаде Аллагьас ﷻ мискинлъиги, хIакъирлъиги, унтабиги, ццим бахъинги тIамулилан хIадис буго.

ИчIабизе. Росабалъ, шагьаразда ругел гIемерисел бусурбаби хьвадизе ккела мажгитазде, щуябго как жамагIаталда базе. Свалат-салам лъеяв аварагасда бицана, пуланал гIадамал мажгиталде хьвадулел гьечIилан. Гьеб мехалъ гьес ﷺ абуна: «Цин-цин дида ракIалда кколеб буго, дир бакIалда имамлъи гьабизе цо чиги тIамун, асхIабзабиги рачун, рохьовеги ун, магь цIун цIулги босун, жамагIаталде хьвадуларел гIадамазул рукъзабазда цIаги гъун, гьезда тIаде рукъзал рортизаризе», - ян. ГьедигIанги Аллагьасул ццим бахъунеб жо буго бусурбаби мажгиталде жамагIаталде инчIого чIей. Аллагьасул ﷻ рукъзал мискингоги тун, шайтIаниял мажлисал гIуцIулел гIадамазда Аллагьасул ﷻ ццимги бахъуна, балагьалги тIаде тIамула.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...