Бичасул Аварагасе ﷺ 1500 сон
Бичасул Аварагасе ﷺ 1500 сон
Кинабниги махлукъаталъул аслу Авараг ﷺ гьави
Авараг ﷺ гьавураб заман букIана Къуръаналда Аллагьас жиндир рехсей гьабураб, «гIамул-фил» абун гIарабаз жинда цIар тараб.
Гьаб Пилалъул сонги букIуна Зулкъарнайн ханасул заманалдаса рикIкIун 882-абилеб соналъул мухIаррам моцI. Гьаб лъугьа-бихъиналдаса хадуб лъеберго къо индал, цогияз абухъе, кIикъого къо индал, бищун машгьурабги битIарабги рикIкIуна кIикъоялда анцIго къо ун хадуб Маккаялда гьавула Бичасул Авараг ﷺ. Гьеб ккола ГIиса авараг гьавуралдаса рикIкIун 571-абилеб сон. Гьавураб моцIги ккола рабигIул аввалалъул анцIила кIиабилеб итни къо. Авараг чан къо индал гьавуравин абураб суалалда тIад хилафал ругониги: цояз кIиабилелъ, цогияз микьабилелъ, яги анцIабилеб къоялъ абурал, кинниги анцIила кIиабилеб къоялъ гьави машгьураб буго, Маккаялъул агьлуялъги гьеб къоялъ зиярат гьабула Авараг гьавураб бакIалда бараб «ал-Мавлиди» абун цIар бугеб мажгиталде.
Макка шагьар гвангъараб
гургинаб моцIрол канлъи,
Киназего хIакълъараб,
мархIабан, шагьру-РабигI!
ШафагIатазул цIад бан
дунял-гIалам бохараб,
Барка хирияб итни —
АхIмад гьавураб сордо!
(ЧIикIаса СагIид-афанди)
Эбелалъул ургьибе хириясул нур ккана Аййаму ташрикъазул къояз, джамратул вустIаялда. Авараг ﷺ гьавуна ургьивго сунат гьабуравлъун, гьурмада гьимиялъул гIаламатгун, тасбихI гьабулев вугев гIадин ишарадул килищги зодобе битIун ва жиндир балагьиги зобалазде буссун. Аминатица гьев, гьавурав лахIзаталъ, Бусраялъул кIалгIаби рихьулеб гвангъараб нур загьирлъана гьелдасан. Итни ккола баракатаб къолъун. Имам АхIмадица бицана, ибну ГIаббасица абунила: «Бичасул расул гьавуна итни къоялъ. Гьесухъе авараглъиги кьуна итни къоялъ. Итниялъ дунял тун ахираталдеги накълулъана. Маккаялдаса гьижраги гьабуна итни къоялъ, Мадинаялдеги щвана итни къоялъ ва КагIбаялъул къадалъ ЧIегIераб гамачIги лъуна ХIабибас итни къоялъ.
Шагьру-РабигI бачIиндал
чIухIуларел нилъ кинал,
ЧIунтарал ракIал чучун
чурхдузул хIалал хьезе?
ХIабиб гьавураб итни,
гьабулареб кин кIодо,
Киналго данде руссун
салат-саламги битIун?
(ЧIикIаса СагIид-афанди)
Цо-цо сияралъул гIалимзабаз абула МухIаммад ﷺ авараг гьавураб гIуж сордо букIанинги. ХIассан ибн Сабит абулев асхIабас бицуна гьелъул хIакъалъулъ гьадин: «Анкьго-микьго сонил гIумруялда вугев гьитIинав чи дун вугеб заманалда, дида цо къоялъ радалго борхалъуде вахун ахIдолев вихьана Мадинаялда цо ягьудив. Гьес ахIун данде ракIарана гьенире гIадамал, дида рагIана гьез гьесде абулеб: «вайлак», дуде балагь щваяв, щиб дуе абун? Гьес абуна: «Цересел тIахьазда бицухъе, нахъзаманалъул авараг гьавиялъе гIаламатлъун кколеб АхIмад абураб цIва баккана», - ян. Гьединго КагIбул АхIбарица бицана: «Дида тавраталда бихьана Аллагьас Муса аварагасде, МухIаммад авараг гьавулеб заманалъул бицараб бакI ва Муса аварагасги жиндирго къавмалъе бицуна: нужеда гьоркьоб машгьураб цIва жиндир чIараб бакIалдаса багъарун бихьани, гьеб буго МухIаммад авараг гьавиялъул гIаламат», - абун. Гьедин, авараг ﷺ гьавураб сордо лъана киналго ягьудиязулги насраниязулги гIалимзабазда.
Аллагьасул вокьулев ракьалда загьирлъизе
Замана гIагарлъидал гIаламатал тIатана.
ГIелму бугел кашишал китабазде раккидал,
Киназего хIакълъана ХIабиб гьавураб заман.
(ЧIикIаса СагIид-афанди)
Авараг ﷺ гьавураб заман ккечIо хирияб рузман къоялде, гьединго, хириял моцIаздеги, халкъалда бихьизе букIине авараг заманалдалъун хиралъичIевлъи. Гьелъул гIаксалда, авараг ﷺ гьавураб заман хиралъана гьев гьави жиделъ ккеялдалъун. Гьедин ккун букIарабани гIадамазул щаклъи бижилаан хириял гIужазулъги гьавун авараг ﷺ кIодо гьавиялда. Гьелъ рикIкIуна авараг ﷺ гьавураб сордо хирияблъунги, Лайлатул къадри абулеб сордоялдасаги.
Авараг ﷺ гьавидал загьирлъана гIемерал гIажаиблъаби: Кисра ханасул хъаладул рорхалъаби риххи, гьесулго иван-кIалгIа кьватI-кьватIун гьелъул гьаракь кибего рагIи, гьелдаса анцIила ункъо рагъи бортун ин, персазул азарго соналъ свинчIеб цIа свин, зододоса гьатифаз аварагасул сипатал рицунел гьаркьал рагIи. Гьединго, авараг гьавураб сордоялдаса лъабго сордо-къоялъ нахъаса къотIичIого КагIба рукъ кIобокIи. КагIба рукъ багъари букIуна авараг ﷺ гьавиялдалъун къурайшазда бихьараб тIоцебесеб гIаламатги.
Шамалъул кIалгIаби рихьулеб хIалалъ гвангъараб нур загьирлъи, гIемерисел хъанчал рортун кIалагъоркье речIчIи ва гьел гурелги гIемерал гIажаиблъаби.
Авараг ﷺ бесдаллъи
Къурайшиялгун цадахъ Шамалде базаралъ ун нахъруссуда аварагасул эмен ГIабдуллагь унтун загIипго вукIун Мадинаялде, жиндирго эмен ГIабдулмутIалибил эбелалъул вацал «Банунажжар» абулеб тухумалъухъе вуссун чIола. Гьесул гьалмагълъи Маккаялде щведал, ГIабдулмутIалибица, ккарабги лъайдал, гьениве витIула жиндирго бищун кIудияв вас ХIарис. Мадинаялде щведал гьесда ГIабдуллагь моцIгIанаб заманги бахъун хун гьенивго вукъун ватула. Эмен холеб заман авараг ﷺ эбелалъул ургьиве вачIун кIиго моцI бугеб мех букIуна, гьединго анкьго моцI букIанин, цогияз авараг гьавун киниялда лъолеб ригьалда вукIанинги абула.
Аварагасул эбел Аминат ккола бану Зугьрат тухумалъул сайид Вагьбил яс. Аварагас ﷺ эбелалъул ургьиб кIиго моцI бан букIана, эмен хведал. Гьес анлъго сон байдал, эбелги хвана. Эбел хведал, гьев хьихьизе жиндихъего вачана кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. ХIабибасул микьго сонгин кIиго моцIги анцIго къоги байдал хвана кIудияв эмен. Гьев хьихьизе тIаде босана имгIал АбутIалибица.
ГIалимзабаз абула: «Аварагасул гьитIинго эбел-эмен хвеялъул хIикмат, гьесда тIад гIадамазул хIакъ букIунгутIиялъе гIоло букIана», - абун.
Гьедин эбел-эменги хун ятимлъарав Аварагасе ﷺ тарбия кьеялъул иш тIаде босула гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. Аварагасул гIумру микьго сониде бахиндал, ГIабдулмутIалибги хун, гьесулго васияталда рекъон тарбияталъул иш тIаде босула аварагасул имгIал, ГIали-асхIабасул эмен АбутIалибица. Гьесда битIараб цIарги ГIабдуманаф букIана.
Аварагасул ﷺ рахьдал улбул
Гьавураб тIоцебесеб анкьалъ авараг ﷺ хахула эбел Аминатица, хадув ХIалимат ячIинегIан авараг ﷺ хахула Сувайбатица. Авараг ﷺ гьави бициндал рохел загьир гьабун Абулагьабица Сувайбат тархъула. Абулагьаб хун хадув макьилъ вихьун гьесда гьикъидал гьесул хIалалъул, гьес абула: «ЖужахIалда вуго абун, амма авараг гьавураб итни къоялъни гIазаб бигьа гьабула, гьаб кIиябго килщидасан гьекъезе лъим щвеялдалъун, гьеб буго дица авараг гьавун рохел бицун Сувайбат тархъиялъухъги, гьелъ авараг хахиялъги бугеб бигьалъи дие», - абун.
Гьелдаса хадув авараг ﷺ камилго хахула, ГIарафа мегIералда нахъа бугеб Гьавазаналдаса ХIунайн абулеб тухумалъул Абу Зувайбил яс ХIалиматица. ХIалимат жиндир росгун ва Гьавазаналдаса руччабигун хахизе лъимал тIалаб гьарун Маккаялде ячIиндал, гьезда вихьизавула Бичасул авараг ﷺ, жидее гьав ятимасдасан щвезе жо гьечIин абун киназго инкар гьабун нахъе уна, хадуб ХIалиматил мискинлъиялъ, гьелъухъе цогидаб лъимер щвечIелъул, гьей нахъюссун ячIуна аварагасда ﷺ хадуй.
Бичасул авараг ﷺ гьавураб гIужалъ гьикъидал лъица гьав багьа тIадегIанав жавгьар хьихьилевин, зодир хIанчIаз абула: «Нижеца хьихьила, тIадегIанаб хъулухъги гьабила», - абун. Рохьор ругел гIалхул хIайваназ абула: «Ниж рекъарал руго гьесие хъулухъалъе, нижеца хьихьила», - абун. Хадуб ахIун бачIуна къудратияб мацIалдалъун цо гьаракь: «Ле, тIолабго махлукъат, ТIадегIанав Аллагьас цебего жиндирго хIикматалдалъун хъван буго жиндир хирияв авараг хахизе йигей гIадан хIалимай ХIалимат йиго», - абун.
Гьединго Аварагасе ﷺ эбеллъи гьабун гьев хьихьарай гIадан йикIана Умму Айман. Аварагас ﷺ абула: «Умму Айман йиго эбелалда хадуй дир эбел», - абун. Гьединго, Шаймаъ абун йикIуна Аварагасе ﷺ хъулухъ гьабун, гьев хьихьарай гьесул рахьдал яцги.