Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфтият – бецӀлъиялда жаниб канлъи

Дагъистаналъул муфтият – бецӀлъиялда жаниб канлъи

ГӀараб пачалихъазулги вагьабиязулги кӀигьумерчилъи: щай Гъаза кумек гьечӀого тараб, гӀайибги муфтияталде рехараб?

 

 

РакӀ гъанцIулеб пашманаб хӀакъикъат.

 

ГIарабазул 22 пачалихъ... ГӀемерал сурсатал, армия, нарт, гӀарац ва хӀатта ядернияб ярагъ бугеб улка. Амма Гъазаялъе кумек гьабизе заман щведал, сионистазул бомбабазда гъоркь лъималги, руччабиги, хералги холел рукӀараб мехалда гьел пачалихъаз тӀаса бищана сихӀкъотӀун чӀей. Гьезда кӀолаан гьеб рагъ чӀезабизе. Гьез къотӀизабизе бегьулаан ГIизраилалъулгун экономикияб бухьен. Гьезда кӀолаан ярагъги, дарабиги, гуманитарияб кумекги битӀизе. Амма гьелъул бакӀалда руго гӀицӀго чӀорогоял рагӀаби, кӀигьумерчилъиялъул лъазабиял ва хиянатлъи.

Гьанже суал бачӀунеб буго: хӀакъикъаталдаги лъида гӀайиб бугеб Гъазаялъе къварилъи ккеялда?

 

Вагьабиял ва гьезул хъубаб нифакъ

ХӀакъикъаталдаги Палестинаялъе хиянатлъи гьабурал, ГIизраилалъулгун даран-базар гьабулел коррупциялъулал режимазул чагӀазде гӀайиб гьабиялъул бакӀалда вагьабиязда батана гIайиб гIунтIизабизе щибго гьоркьоблъиго гьечIеб рахъ. Гьез гӀайибчӀвалеб буго гӀадатияб динияб гӀуцӀилъун бугеб Дагъистан Республикаялъул муфтияталде гьел киналго «бечедал» пачалихъал цадахъ росунги гьезул квербакъиялдаса, муфтияталъ Гъазаялъе гьабураб хӀалтӀи чанго нухалъ цӀикӀкӀунги бугеб мехалъ.

Муфтияталъ ва муфтияс гьабуна Гъазаялъе кӀудияб квербакъи:

- ГӀуцӀана кумекалъул сборал.

- Гуманитарияб кумек битӀана.

- Халкъазда гьоркьосел платформабазда Палестинаялъул суал борхана.

– ГIадамал данде гьарун, дугӀа гьабуна, уммат цолъиялде ахӀана.

Амма вагьабиязе гьеб гӀолеб гьечӀо. Гьезие бокьун буго жидерго гӀайиб цогидазде рехизе.

«БукIине кколеб кумек гьечӀин» абун ахӀдолел руго гьел, амма ГIизраилалъул рагъулаб техникаялъе цIатари чIезабулеб Турциялъул хӀакъалъулъ цо рагӀи абулеб гьечӀо! У, гьеб техникаялъ нилъер вацал ва яцал Гъазаялда чӀвалел руго.

 

Вагьабиязул бугеб кӀиго гьумер – умматалъе инжитлъи

 Гьез какула унго-унголъунги кумек гьабулел гIадамал, амма хIакъикъиял хиянатчагӀазда хурхун щибго абуларо. Гьел ахӀдолел руго «жигьад» абун, амма жалго гӀодор чӀун руго жидерго кӀалгӀабазда, Палестинаялъул лъималин абуни холелги рукIаго. Гьез жидедаго абула "салафиял" ругин жал абун, амма нилъер салафал, ритӀухъал умумул киданиги рукӀинчӀо гьедигӀан хӀалихьатал ва кӀигьумерчагӀи.

Киб букӀараб гьезул «ццин», доб мехалъ:

- СагӀудиязул ГӀарабия ГIизраилалде гӀагарлъун бугеб мехалъ?

- ОАЭялъ ГIизараилалъулгун гьоркьоблъи лъикI гьабиялъул къотӀи-къаязда гъулбасал гьарулел рукӀараб мехалъ?

- Турциялъ сионистазе цӀатари битIулеб букӀараб заманалда?

Гьел руцӀцӀун чӀана. Щайгурелъул гьезул «дин» буго къуваталъулги, гӀарцулги, хиянатлъиялъулги.

 

Дагъистаналъул муфтият – бецӀлъиялда жаниб канлъи

Вагьабиязги гьезул рахъ кколезги Палестинаялъе хияналъи гьабулеб мехалда, Дагъистаналъул муфтиги муфтиятги хутӀана жидерго уммат кӀочон течӀеллъун. Гьезул гьечӀо нартил миллиардал, гьечӀо ядернияб ярагъ, амма гьезул буго къартIги, яхӀ-намусги, иманги.

Какизе мустахӀикъав чи вугони, гьеб ккола муфтият гуреб, чанго соналъ палестинал чӀварал чагӀазе спонсорлъи гьабулел, амма гьанже «гьелда гъорлъ гьечӀеллъун» рихьизе хӀаракат бахъулел чагӀи. Вагьабиял руго ракьалда бищунго вахIшиял кӀигьумерчагӀи, гьезул гьереси кватӀичӀого ТӀадегӀанав Аллагьасда цебе загьирлъизеги буго.

 

Цебе бицараб тасдикъ гьабуна

Муфтияс Гъазаялда гӀуцӀана 1300 чиясе ифтар. Гьеб ккола рагъул заманалда гьабураб рахӀму-цIобалъулаб иш. Гьел «кумек гьабулел чагӀи», бокIнида нахъаса раккарал хIапдолел гьаби гӀадин, ццин бахъун ахӀдолел рукIин гурони, щибго гьабулареб мехалъ, унго-унгоял, лъикӀал, жал гӀодоре риччарал чагӀаз пайдаял ишал гьарула. Гьединазул  цояблъун букӀана рагъалъ, ракъуца ва къварилъиялъ свакарал 1300 гъазаялъуласе муфтияс гӀуцӀараб кIудияб ифтIарги.

Гъазаялда гьабураб ифтIар цохIо рахIму-цIобалъулаб кумек гуребги кIудияб бахIарчилъиги ккола.  ХӀакъикъияб ахӀвал-хӀал лъаларел гӀемерисезда кколеб буго Гъазаялда гӀадамал кваназари бигьаяб иш бугин. Амма хӀакъикъат ккола нилъее гIадатиял кванил нигIматалцин гьенир кIудияб рахIат босилъун лъугьун рукӀин. МухӀканал баяназда рекъон, Гъазаялда ифтIаралъе цо чахъу киб букӀаниги ракълилал регионазда гӀадин 20 азарго гъурущ гуреб, 200 азарго гъурщиде бахун букӀин лъана. Блокадаялъ биххизабураб инфраструктураялъ ва щибго жо гӀунгутӀиялъ багьаби зодоре рахун руго гьенир.

 

 

 

 

Гьединал шартӀазда 1300 чиясе ифтIар гӀуцӀи, гӀицӀго садакъа гьаби гуребги, захIматаб амру буго. Гьелъие къваригӀуна гӀемерал сурсатал гурелги, квен-тӀех гьенибе щвезабиги. Бихха-хочараб заманалда киналго суалал тIуразе ккани хӀинкъи гьечӀолъиги чӀезабизе ккола.

Муфти вуго чӀобогояб рагӀул гурев, ккараб бакIалда гьабизе кколеб иш тIубазабулев чи. Цо-цояз гьанжего-гьанже кумекалъул бицунеб мехалда, муфтияс хӀалтӀи гьабулеб букIана. Гьесул иш халкъалда бихьизе, рияалъе гьабулеб кколаро, къварилъиялда ругезул рахъкквезе ракӀбацӀцӀадаб гъира букIиналъул гIаламат загьир гьаби ккола. Гьеб ифтIар ккола кIал ккун ругезе гӀицӀго квен кьей гуреб, дунялалъул бусурбабазда Гъазаялда ругел вацал-яцал кӀочон гьечӀолъи ракӀалде щвезабулеблъун, ракълилаб заман бачIине букIиналъе хьулалъул гӀаламатлъун.

Цоги нухалда абила: муфти вуго кӀудияб даражаялъул чи. Гьев захӀмалъабаздаса хӀинкъуларо, хӀасадчагӀазул квешал ишазде кӀвар кьоларо ва унго-унгояб кӀвар бугеб жо гьабула. Гьесул хӀаракат цогидазеги мисаллъун лъугьаги. Хирияб хIадисалда буго: «Вакъарав чи кваназавурав Аллагьас къиямасеб къоялъ кваназавила», - абун.

Аллагьас гьеб лъикIаб гӀамал къабул гьабеги киназулго.

 

 

Абу ГIубайда ад-Дагъистани

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Хирияв Аварагасул ﷺ шамаилал

Шамаил абураб рагIи хIалтIизабула Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатазул бицен гьабулеб мехалда. Гьединго, гьесул ﷺ гIумру ва ахIвал-хIал рехсолеб мехалдаги. Гьединлъидал Аварагасул ﷺ цо-цо ахIвал-хIалал рехселин.   Аварагасул ﷺ рас букIана берцинаб ва дагьабго кьурараб, цIакъго кьурараб ва...


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...